Дербенталъул ригь нижедаго лъала

Дербент шагьаралъул мэр Хизри Абакаровасда ракIалда буго некIсияб шагьаралъул хIакъикъияб ригь щиб бугебали мухIкан гьабизе. Гьелда тIад хIалтIизе Россиялдаса археологазул къокъа ахIизе ракIалда буго гьесда.

 

Амма гьелдасаги цебе гьел археологал тIад хIалтIизе рагIула Нарын-Хъалаялда батараб некIсияб хутIелалъул цIех-рехалда тIад. 18 февралалда хIалтIулаб сапаргун Москваялда вукIаго, Дербента­лъул мэр дандчIван вуго археологазул къокъагун. Гьеб дандчIваялда гьесда цадахъ вукIун вуго Россиялъул гIелмабазул академиялъул гIалимчи, нилъер ракьцояв Хизри ГIамирхановги. Гьеб дандчIваялъул хIасиллъун ккана, дунялалдаго цIар рагIарал Россиялъул ГIелмабазул Академиялда хIалтIулел археологал Леонид Беляевги Владимир Седовги Дербенталде ахIизе.
ГIалимзабазул хасаб комиссияги гIуцIун, шагьаралда ругел киналго тарихиял бакIазул мухIканго цIех-рех гьабизе буго гьез, гьелдаго цадахъ Нарын-Хъалаялда батараб некIсияб хутIелалъулги. ХIакъикъаталда сундуе гьеб бан букIараб: хъала хIисабалдайищ ялъу­ни лъел нахърател цIунулеб гъуйищ гьеб букIарабали чIезабизе буго гIалимзабаз.
Хадусеб иргаялда — гьелго гIа­лимзаби хIалтIизе руго Дербенталъу­л хIакъикъияб ригь кинаб бугебали лъа­забизелъун.
Амма ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулев МахIач Мусаевас бицана гьел гIалимзаби Дербенталде ахIиялъул щибниги магIна гьечIилан.
«Дербентги гьелъул тарихиял бакIалги тIокIкIун лъалел, бергьарал гIалимзаби руго жакъа республикаялда. КъватIиса чи гьанив хIажат гьечIо. Москваялдаса археологал гьанире рачIани, гьез цин нусго батIияб тIехь цIализе ккола некIсияб шагьаралъул тарихалъул хIакъалъулъ. Дора Москваялдаги рукIун, гьоркьохъел гIасрабазул тарихалда гъорлъан, Дербенталъул гьез гьабулеб цIех-рехги, гьаниб бугеб тарихги тIубан батIияб жо букIин бичIчIизе ккола гьезда. Ахирги гьелъул щиб ккезе бугебали лъалищ, нижеде тIаде ккезе буго гьеб кинабго хIалтIи», — ян абуна МахIач Мусаевас.
Дербенталъул чан сон бугеб абураб суалалда тIасан гIалимзабазул бахIс унеб букIана щуго соналъ цебеги. Официалияб куцалъ рикIкIуна некIсияб шагьаралъ 2000 сон бугилан. 2015 соналда гьеб юбилейги кIодо гьабун букIана Дербенталда. Амма руго гIалимзаби гьелъул 5000 сон бугилан абулелги.