Дагъистаниял сах гьаризе — тIадеги 20 млрд гъурущ

18 февралалда республикаялъул журналисталгун дандчIвана сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимов.
Журналистаз суалал кьелалде, сахлъи цIуниялъулъ ругел лъикIал хIасилазул бицана гьес. Масала, исана 5 млрд гъурщидалъун цIикIкIине бугила «Сахлъи цIуни» абураб миллияб проекталъе Дагъистаналде биччалеб гIарац. ГIагараб анлъго соналда жанибин абуни гьеб проекталда тIад харж гьабизе буго 20 млрд гъурущ.

Гьелдалъун тIалъиялда ракIалда буго республикаялда цо-цо унтаби дагьлъизаризе (рекIелгун бидурихьазул, ракалъул, лъимал хвеялда хурхарал ва цогидалги).
Министрас бицана гьеб гIарцухъ ФАПалги разе хIажат бугин. Исана 20 бакIалда разе рагIула гьел. Гъоркьисаги гьедигIанаселго ран руго.
2024 соналдехун росабалъ киса-кирго лъезе руго гьел пунктал. ТIадежоялъе, интернетги бачине буго цIиял ФАПазде. Хасго тохтурас унтарасе малъа-хъваялги рецепталги онлайн-режималдалъун интернеталдасан кьолеб къагIидаги билълъинабизе буго кватIичIого. Райбольницабаздаса киналго анализазул жавабалги гьенире рачIунеб къагIида букIина.
Амма тохтур унтарасда гьумер битIун кIалъазе ккелин, бицараб гьуинаб хабаралъ гьесие даруялдасагицин кIудияб асар гьабулин абуна цо журналисталъ министрасда. БукIаниги, дунял глобализациялде унеб гьаб заманалда гьединал жалаздаса нахъе кIанцIун чIезе бегьуларин абураб пикру бугеб къагIидаха министерствоялъул.
Халкъалда гьоркьоб гIемер разилъи гьечIолъи букIуна «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» машинаби я кватIун щолин, яги рачIинчIого чIолин абун.
Гьелда бан министрас баян кьуна сордо-къоялда жаниб гьел машинаби МахIачхъалаялда 700 бакIалде ахIулилан. Хасго гIодоркъояз гIемер ахIулел руго гьел.
ГьанжелъизегIан машинабиги цIакъ­го басриял рукIана. Гьанжего-гьанже цIилъизабулеб буго гьезул паркги.
МахIачхъалаялъе бихьизабун буго «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» 45 бригада.
Хадуб министрас жавабал кьуна журналистазул суалазе.
— Медицинаялъул лъай щварал гIолилал шагьараздаго чIезе кколел руго жиде-жидер росабалъ хIалтIи щунгутIиялъ: 70 сонил ригьалде раханиги, больницабаздаса нахъе унел гьечIо тохтурзабигун сестраби. Гьеб рахъалъ щиб кумек министерствоялъ гIолохъабазе гьа­булеб бугеб?
— Буго гьединаб масъала. Хас гьабун дихъеги рачIуна кумек гьарун. Ниж гьелда тIад хIалтIулел руго. Дагъистаналде тIадруссине бокьарал 50 сонидаса тIаде арал махщелчагIицин цогидал регионаздаса нахъе ахIулел руго нижеца. Гьединазул 60 чи вачIана гъоркьиса.
Амма, битIараб бицани, хIалтIи балагьулел гIолохъанал специалистазул гIемерисел ратула Рутул, ЦIумада яги ЦIунтIа районазда гурел, гIицIго МахIачхъалаялда хIалтIи щвезе къваригIарал чагIи. Дербент, Гъизляр, Хасавюртгицин дандекколаро гьезие.
— «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» бицунеб букIана дуца. Гьел машинабазул шоферзабазул гIезегIан масъалаби руго нужеца кIвар кьезе ккарал. ХIалтIул къотIи-къаялда рихьизарурал гIе­мерисел тIалабал тIуралел гье­чIо тIалъиялъ. Масала, я хIухь­бахъиялъе шартIал гуро, я носилкаби росаралъухъ тIаде кьолеб гIарац гуро, ялъуни хисун ретIине хIалтIудасан кьолеб ретIел гуро…
— БитIараб буго. Иш хIакъи­къа­талдаги гьедин буго. Гьединлъидал нижее къваригIун буго «Хехаб медицинаялъул кумек» централизованияб куцалда цо бакIалде — ДЦМКялде (Дагестанский центр медицины катастроф) гъорлъе бачине. Гьеб мехалда бигьалъилаан сундаго хадуб халкквезе.
КватIичIого бан бахъуна «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» хIал­тIухъабаз хIухьбахъи гьабизе бакIги.
— «ХIакъикъат» газеталде ЦIун­тIа районалдасан хъвалеб буго жидер доба участковияб кIиго больницаги «Хехаб медицинаялъул ку­мека­лъул» пункталги къалел ру­гилан. Иш гьелде ине биччагеян, дудеги ДРялъул бетIер Владимир Васильевасдеги ахIи балеб бу­го гьез. Амма райцентралде щве­зегIан рекIун унаго лъабгоги-ункъоги сагIат балел росабалъ гьединаб жо гьабизе бегьулебищ гIадамазе?
— Гьеб районалъул бетIерав тохтур вачIун вукIана дихъе кIиго-лъабгониги нухалда гьеб суалалъ — унтаразул къадарги дагьаб букIун, дора ругел специалистазде цо кIудияб хIалги кколеб гьечIин, гьединлъидал штатал къазе ругилан. Амма дица гьесда абуна мун нужерго районалъул бетIерги вачун вачIайин дихъе, унго-унголъунги гьел больницабиги пункталги нужее къваригIун гьечIолъиялъе гьесги нугIлъи гьабуни, къалин дица гьел бакIалилан. Гьединлъидал гьанжеги такрар гьабулеб буго: районалъул бетIерги, жамгIиял хIаракатчагIиги, рагIи билълъарал гIадамалги рачун рачIа дихъе, нилъеца киналго ра­хъалги хIисабалде росун, къотIила хIукму.