БахIарчилъиялъе хвел букIунаро

Гьединаб ахIиялда гъоркь Казбек районалъул Дилим росдал маданияталъул рокъоб тIобитIана данделъи. Гьениб райадминистрациялъул бетIерасул заместитель Икрамудин Салимхановас бицана Афгъанистаналда букIараб рагъул ва Совет Союзалъ гьелъулъ лъураб бутIаялъул хIакъалъулъ.
 
 

 — Афгъанистаналда букIараб рагъда нилъер ватIаналдаса гIахьаллъи гьабуна 600 азаргоялдасаги цIикIкIун чияс. Гьезда гьоркьоса хвана ва чIвана 15 азаргоялдасаги цIикIкIун чи, 54 азаргояв лъукъана. 417 чи асирлъуде ккана ва араб бакI лъачIого тIагIана, — ян бицана И. Салимхановас.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мухтарпаша ГIумахановасул рахъалдаса Афгъаналъул рагъул ветераназе сайгъатал кьуна «Единая Россия» партиялъул Казбек районалда бугеб отделениялъул председатель СагIид Алтумирзаевас. Гьезда гьоркьой йикIана Афгъанистаналда хварав Ленинаулалдаса Назирдин Салимхановасул эбел ПатIиматги.
Щаяли гьеб данделъиялда йикIинчIо гIарзаги кьун Афгъанистаналде арай медсестра Умижат Юсупова. Районалда цо гурони гьечIо гьединай чIужугIаданги.
Данделъи лъугIун хадуб дица гара-чIвари гьабуна цо-цо ветераназулгун. Масала, Россиялъул афгъаналъулазул союзалъул Казбек районалда бугеб гIуцIиялъул бетIер ГIали ГIабдуразакъовас бицана жив рагъде кин ккаравали.
— 1986 соналда витIана дун Афгъанистаналде. КIиго соналъ хIалтIана «Урал» машинаялда. Совет Союзалъулгун гIорхъода ругел Афгъанистаналъул Пулихумри ва Хайратон шагьараздаса Жалалабадалде щвезегIан 500-600 километралъ квана-гьекъолел жал раччулаан дица. Цебе-хадуб 50-60 «Урал» букIунаан. Гьел цIунун лъелал аскаразул бронемашинабиги, тIасан роржунел вертолеталги рукIунаан. Гьедин цIунаниги, тунка-гIуси ккечIого хутIулароан, — ан ракIалде щвезабуна ГI. ГIабдуразакъовас.
Жакъа Казбек районалда вугев 66 афгъаналъуласул цояв ккола Хубар росулъа ХIасан ХIасановги.
— Дун Афгъанистаналде ккана гьениб рагъ байбихьараб тIоцебесеб (1979) соналдаго. Сапёрасул махщалие цIаларав десантник вукIана дун. КIиго соналда жаниб бищунго захIматаблъун букIана нижер бронетранспортёрги кьвагьизабун, 11 чи лъукъараб ва цояв хвараб къо.
Кишлакалги сверун ккун, нижеца чIухь балаан, душманал ругищали балагьулаан. Цо нухалъ кквезе щун вукIана гьединаб горсвериялдаса ворчIарав цо американавги. Пакистаналдаса гьениве витIарав инструктор вукIун вуго гьев, — ан бицана ХI. ХIасановас.
Ленинаулалдаса Надирбег Амаев армиялде ахIун вукIана 1979 соналъул риидал. Сержантазул школа лъугIидал, гьебго соналъул декабралда Афгъанистаналдеги витIун вуго. Лъелазул бронетранспортералда отделениялъул командирлъунги тIамуна. Нилъер аскариял рачIинегIан гьез сверун ккун чIезарулаан афгъаналъулазул
росаби.
Тары-Буры кIкIалахъ чIарал душманазде гьужум гьабулаго, гьев лъукъана 1981 соналъул 11 маялда. Чанго моцIалъ госпиталалдаги вегун, рокъове тIадги вуссана.