Аралда хадуб ракI хвеларо

Экономикаялъул ва политикаялъул рахъалъ араб соналъе цо-кIиго рагIиялдалъун чIванкъотIараб къимат кьезе захIмат буго. Щайгурелъул халкъалъул гIумруялъулъ ккарал лъугьа-бахъиналги батIи-батIиял ругелъулха.

Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIер Артем Здуновас абухъе, 2019 соналъ республикаялъул экономикаялъул цебетIей борцуна 1,1 проценталдалъун. Гьеб гIей гьечIеб бугин абизе бегьиларо, щайгурелъул арал соназде дандеккун гIемерал субъектазул гуро бугеб гьедигIанабцин цебетIей. Мисалалъе, Россиялдаго 2018 соналда гIадамазул харжал цIикIкIине кколел рукIун ратани 3,4 проценталъ, хIакъикъаталдаги цIикIкIана гIицIго 0,5 проценталъ.
Экономикияб цебетIеялъул хIасиллъун, лъалеб букIахъе, букIине ккола кагътида саламатал тарихал рихьизари гуреб, тIоцебесеб иргаялда, гIадамазул хIакъикъияб рукIа-рахъин лъикIлъизаби. Жакъа Россиялда моцIрое щолеб гьоркьо-хъеб харжалъул бицани, нилъер республикаялда беццилеб хIал гьечIо. Амма ракI гIодобе биччазабулеб жо буго нилъер жамгIияталда гьеб суалалде кIвар кьезе байбихьун букIин. Гьелъие нугIлъи гьабула учительзабазе, тохтурзабазе харж, лъималазе бачIунеб пособие цIикIкIинабиялъул мурадалда, ахираб заманалда Халкъияб Собраниялъул депутатаз къабул гьарурал цо-цо хIукмабаз, ва гьединго В. Путинил указаздалъун гIумруялде рахъинарулел ругел миллиял проектазда рекъон республикаялда гьабулеб хIалтIи лъикIлъулеб букIиналъ.
Нилъер республикаялда, масала, Росдал магIишаталъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2019 соналда ран лъугIизарун, хIалтIизе кьун руго спорталъул кIалгIаби, ФАПал, 120,4 километралда газ бачунел рогIрал, 61,5 километралъул манзилалъ бачана лъим.
ГIамм гьабун босани, гьеб ра-хъалъ иш квеш гьечIолъи бихьула Россиялъул президент В. Путиница республикаялъул экономикияб ва социалияб рахъ цебетIезабиялъулъ лъураб бутIаялъе гIоло Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасе кIиабилеб даражаялъул «ВатIаналъе гьабураб хъулухъалъе гIоло» орден кьеялдасанги.
Гьединго лъикIаб ишлъун ккана Дагъистаналъе лъикIаб хIалтIухъ федералияб бюджеталдаса 1,2 млрд гъурщил грант кьейги. Гьеб гIарац кибе харж гьабизе бугебали республикаялъул нухмалъулез дандбалеб буго жамгIиял гIуцIабаздаги.
2019 соналда 20 сон тIубана нилъер республикаялде халкъазда гьоркьосел хъачагъал кIанцIаралдасаги. Гьеб лъугьа-бахъин республикаялда Россиялъул президент Владимир Путинги вачIун, кIудияб политикияб даражаялда тIобитIана. Гьелъул хIасиллъунги ккана Дагъистаналъул ополченцазул кIвар цIикIкIинаби ва хасаб закон бахъиялдалъун гьел кIодо гьаризе хIукму гьаби.
ЛъикIал ишазда гъорлъ рехсезе бегьула республикаялъул нухмалъиялде цIиял гIадамал рачине хIаракат бахъиги, гьениб тухумчилъиялде данде гьабулеб къеркьейги. Амма квешаб рахъ буго нилъер миллиял мацIал, миллатазул маданият цIуниялде, гьел лъазариялде хашаб бербалагьи букIин. Гъоркьиса Халкъияб Собраниялъул депутаталгун, жамгIиял гIуцIабигун цадахъ лъугьун гьеб рахъалъ чанго тадбирал тIоритIаниги, гIунгутIаби хутIулел руго.
Республикаялда лъикI ккана гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнес цебетIеялъул миллияб программа тIубаялъул ишги. Гьеб мурадалъе харж гьабизе бихьизабун букIана 525 млн гъурущ.
Гъоркьиса хиса-басиял ккана хIукуматалъул хъулухъазда ругел кадрабазулъги. Ахирал соназда миллаталъул рахъ хIисабалде босичIого, гIицIго профессионалияб лъаялъул кьучIалда кадраби тIаса рищи билълъанхъизабулеб бугониги, хIукуматалъул тIадегIанал хIалтIабазда ругел магIарулазул къадар дагьлъичIин абизе бегьула. Конституциялъулаб судалъул нухмалъулесул, Халкъияб Собраниялъул председателасул заместителасул, республикаялъул ХIисабалъул палатаялъул нухмалъулесул, Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместителасул, республикаялъул ЖамгIияб палатаялъул председателасул хъулухъазда хIалтIулел руго магIарулал. Жакъа республикаялъул
хIукуматалъул къого министерствоялъул щугоялда нухмалъулеллъунги руго магIарул халкъалъул вакилзаби. Гьединго республикаялъул комитетазул цо-цоязул нухмалъулеллъунги руго гьел. Амма республикаялда гIумру гьабулезул лъабил бутIа кколеб нилъер миллаталъул кадрабаздехун нухмалъулез дагьаб цIикIкIун пикру буссинабуни лъикIаб букIинаан.
2019 сон бечедаб букIана юбилеяздалъунги. Масала, 130 сон тIубана революциялъул хIаракатчи ЧIохъа ГIумаров МухIамад гьавуралдаса; 110 сон тIубана пачалихъияв ва жамгIиявгун политикияв хIаракатчи ХIажимурад Хашаев ва Дагъистаналъул халкъияв артист, Авар театралъе кьучI лъурав ГIабдурахIман Магаев гьаруралдаса.
100 сон тIубана генерал-полковник, рагъул гIахьалчи МухIамад Танкаев, машгьурав хъвадарухъан МухIамад Сулиманов, СССРалъул
халкъияв учитель, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи Булач ХIажиев гьаруралдаса.
Исана 70 сон тIубана советияв ва Россиялъул археолог, гIалимчи, Россиялъул ГIелмабазул академиялъул академик Хизри ГIамирхановасулги. Республикаялда, гьел кIодо гьарун, батIи-батIиял тадбиралги тIоритIана.
Гьединалго юбилеял тIоритIана магIарул районаздаги. Масала, Гъуниб, Болъихъ, ЦIумада, ЧIарада, Хунзахъ, Шамил районазда. КIодо гьабуна районал гIуцIаралдаса 90 сон тIубаялъул юбилеял.
Кин батаниги, аралда хадуб ракI хвеларо. Гьелдаго цадахъ, жеги лъикIал хIасилалги щун, нилъ рохизе хъванги батаги цIияб соналда.