Терек – гьалагаб гIор

ДРялъул вице-премьер ГIабдул-муслим ГIабдулмуслимовас тIоби-тIараб данделъиялда бицана ихдал гIорал щвеялъул хIасилалда зарал ккунгутIиялъул мурадалда гIуцIизе кколел тадбиразулги 2019 соналда гьеб рахъалъ гьабураб хIалтIул хIасилазулги хIакъалъулъ.

ГIорал щвеялдалъун зарал кколел Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго анцIабилеб бакIалда. Бищунго хIинкъи цIикIкIараблъун рикIкIуна Терек гIор. Гьеб рагIаллъабаздаса къватIибе кIанцIани, зарал ккезе бегьула Бабаюртги Гъизлярги районазда гIумру гьабулев 20 азарго чиясе.
ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимо-вас ракIалде щвезабуна 2002 сон. Гьеб мехалда гьалаглъараб Терека-лъул балагьалдалъун республикаялъе гьабуна кIигогун бащдаб миллиард гъурщил зарал. Исана гьеб ва Самур, Аксай, Курах, Уллучай, Ахъташ ва цогидалги гIоразул балагьалдаса цIуниялъул мурадалда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъги бицана вице-премьерас.
2020 соналда гьаризехъин ругел ишазул хIакъалъулъ бицана ДРялъул тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас. Гьес абуна Терек гIоралъул тIинуялда хадуб халкквей букIинабизе кколинги.
Исана тIатана хIинкъи бугеб 20 бакI: 18 – Терекалда ва кIиго – Сулахъалда. Гьелде тIадеги, дагьалъ цебе халгьабураб мехалда, жагъаллъун батана жеги 23 бакI.
ХIинкъи цIикIкIарал гIоразда гьоркьобе уна Самурги. 2018 соналда гьелъ зарал гьабун бук1ана Ахти районалда бугеб къогониги минаялъеги газалъул мухъалъеги. 2020 соналда гьелъул рагIаллъаби щулалъизариялъе тадбирал гьаризе ругин бицана министрас. Гьединабго хIалтIи гьабизе буго Аксай гIоралдаги.
ГIор щвеялдалъун зарал ккезе бегьулел росабазул хIакъалъулъги бицана данделъиялда. Гьединазда гьоркьор рехсана Кьорош (ЧIарада район) ва Шагьикь (ЦIунтIа район) росабиги.
ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ