Херазул советалъул данделъи

28 декабралда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе бугеб Херазул советалъул данделъи.

Гьениб Владимир Васильевас бицана ахираб заманалда рукIарал дандчIваязулги ккарал хIасилазулги хIакъалъулъ.
— Ункъабго территориалияб округалъул Херазул советазул вакилзабигун дандчIвана дун. ГIенеккана гьез бицунелъухъ. Нилъеда церечIарал масъалаби бигьаял гьечIо, амма киналго цадакъ рекъон хIалтIани, гьел тIуразарун бажарула.
Исана къабул гьабуна бюджет. Депутатазда бичIчIана гьеб халкъияблъун букIин. Нилъер хIалтIул аслияб къагIида буго ритIухълъи цIуни. Дида абулеб букIана, бюджет хIалтIизабизе бегьилаанин экономикиял рахъал церетIезаризе. Нилъецайин абуни, гIарац биччалеб буго социалияб рахъ цебетIезабиялде. Щайгурелъул налогал ракIарун щвараб гIарац хIалтIизабизе ккола халкъалъул гIумру лъикIлъизабиялъе, — ян бицана В. Васильевас.
Данделъиялда бицана республикаялъул экономикагун социалиял рахъал церетIезариялъе квербакъулел проектал гIумруялде рахъинариялъул хIакъалъулъги.