Майдан цIи гьабуна цIияб соналде

Исана ноябралда байбихьун букIана тахшагьаралъул аслияб майдан къачIазе. ЦIияб сон тIаде щвелалде, гьеб къачIанги бахъана. ЦIигьабун къачIараб майдан рагьиялъул рохалилаб тадбирги тIобитIана ва гьебги байбихьана багIараб чIоло къотIиялдасан…

Гьелдаса хадуб рагьана «РакIалдещвеялъул ах – гIумруялъул ах» абун цIар кьураб, КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзал ракIалде щвезариялъул ахги. Гьениб республикаялъул щибаб районалъул ва шагьаралъул вакилзабаз чIана 54 гъветI.
— Майдан къачIазе гIарац Москва шагьаралъул мэриялъ биччан букIана. Гьеб ккола Дагъистаналъе гьабураб кIудияб сайгъат.
Россиялъул президентасул гьариялдалъун Москваялъул мэр Сергей Собяниница биччана гьаб майдан къачIаялъе гIарац, — ан абуна Владимир Васильевас.
Жеги гьеб къачIазе буго 14 халичаялъул суратазда къоноги гIодоб ккун. ГьабсагIаталда гьениб буго цохIого цо нугъаязул халичаялъул сурат.
Гьединго тадбиралде рачIаразда ЦIияб соналъул байрамги цIигьабун къачIараб майдан рагьиги баркана шагьаралъул бетIер Салман Дадаевасги, Республикаялъул херазул советалъул председатель ГIабдула МухIамадовасги ва цогидазги. Гьес баркала загьир гьабуна Москва шагьаралъул мэриялъе ва Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасе.
Гьеб къоялъ майданалда чIезарун рукIана цIиял автобусалги хехаб кумекалъул машинабиги. Гьел кьуна республикаялъул районазул ва шагьаразул школазегун больницабазе.