Монополия

ФАСалъ «хIанчIуларого» буго

Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул ФАСалъул (федералияб антимонополияб хъулухъ) нухмалъулев Игорь Артемьев

МахIачхъалаялъул аэропорталда гьесда дандчIвай гьабуна ДРялъул премьер-министр Артем Здуновас.
Россиялъул ФАСалъул ДРял­да бугеб управлениялда тIобитIараб данделъиялда Игорь Артемьевас бицана харжал цIикIкIинариялъул, тарифал чIезариялъул ва материа­лиябгун техникияб рахъалъ бу­геб ахIвал-хIалалъул. Гьединго бицана Россиялъул регионаз тасдикъ гьабизе кколеб букIараб конкуренция гьабиялъул рахъалъ планазулги.
«ФАСалъул хIалтIухъаби ккола лъидаго рачIел, амма республикаялъул нухмалъулелгун рекъон хIалтIизе тIадабги буго. Нижецаги кIвараб кумек гьабизе хIаракат бахъила», — ян абуна Артемьевас ишцоязда.
Артем Здуновас бицана жал хIалтIулел ругин цадахъ ре­къон ва гьеб рахъалъ респуб­ликаялда щибго къварилъиги гьечIин.
Гьелдаса хадуб ДРялъул бетIер Владимир Васильевгунги дандчIвана ФАСалъул нухмалъулев.
«ХIалтIизе байбихьараб къоялдаса нахъе дица абулеб букIана, федералиял министерствабаз ва ведомствабаз нилъее кумек гьабилин республикаялда низам чIезабиялъул рахъалъ. Ва нижер гьариялъе тIоцебе жаваб кьуразул цояблъун букIана Россиялъул ФАС. Нилъехъе рачIарал ФАСа­лъул хIалтIухъабаз тIатинаруна сахлъицIуниялъул, нухлул магIишаталъул ва цогидалги идарабазда ратарал хIиллаби. Нужер кумек щвечIебани, гьеб гьабун бажарилароан», — ин абуна Владимир Васильевас ва Игорь Артемьевасе кьуна ДРялъул ХIурматалъулаб грамотаги.
Дагъистаналде чанго нухалда щвана дунилан бицана ФАСалъул нухмалъулес ва абуна бихьулеб бугин ахираб заманалда республикаялда лъикIал хиса-басиял кколел рукIин. «Гьеб бихьула власталъул гIу­цIабазул рахъалдасанги антимонополиял низамал хвезари 70 проценталъ гIодобе ккун букIиналдасанги. Дагъистана­лъул бетIерасул кумекалда­лъун ва ФАСалъул хъулухъалъул хIаракаталдалъун ба­жа­ра­на кIудияб хIалтIи гьабун. ЛъикIал хIасилазде бачIун буго Дагъистаналда гIисинаб бизнесалъул гIахьалчагIи пачалихъиял закупкабазулъ гIа­хьал­лъиги, гьезул къадар бахуна 46 проценталде, улкаялдаго бищун лъикIал хIасилазул цояблъунги ккола гьеб. Гьелъул магIна ккола гIисинаб бизнесалъе банкалдаса кредитал гуреб, жидерго захIматалъухъ тIад процентал лъечIеб гIарац щолеб букIинги», — ян бицана Игорь Артемьевас.