«АвтоВазалъе» кумекалъул квер бегьизе хIадур руго

 

  Гьал къоязда нилъер республикаялдаса чанго заводалъул вакилзаби дандчIвана Тольяттиялъул машгьураб предприятие «АвтоВазалъул» нухмалъулелгун. Машгьураб автоконцерналъе хIажатаб къайи-цIа нилъер республикаялда хIадур гьабизе рес букIиналъул суалал дандразе ракIарун рукIана гьел гьенире.

 

  Мисалалъе, Тольяттиялда гьоболлъухъ рукIана АО «Дагдизель», ООО «Мушарака», АО «Авиагрегат», АО «КЗТМ» заводалъул вакилзаби ва «Гидродинамическая коробка автопередач» абураб тIагIел ургъарал устарзабиги рукIана гьезда цадахъ.

  Гьеб дандчIваялда бицана, мисалалъе, къватIиса хIукуматалда гьарулезул бакIалда, цо-цо «АвтоВазалда къватIир риччалел машинабазе хIажатаб тIагIел-алат нилъер республикаялъул заводаздаги хIадуризе кIолеблъи.

  Мисалалъе, Дагдизель заводалъ рагьун абуна жидеда кIолила цо-цо гьединал тIагIел -алатал хIадуриялъул рахъалъ тIадчIун хIалтIизе ва «АвтоВазалъе» гIураб къадаралда гьезие къваригIараб къайи-цIа заводалдаса къватIибе биччазе.

Ашахан Юсупов