Керимовасул кумек камиларо

 

 

 

  Дагьал церегIан къоязда Махlачхъалаялдаги Каспийскиялдаги гьоркьоб бакIалда, Гlиса аварагасул (гl.с.) цIаралда, халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб рухIияб централде щвана ДРялъул бетIер Сергей Меликов, сенатор Сулейман Керимов ва Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаров.

  Гьезда дандчIвай гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмадафандица.

  Гьез хал-шал гьабуна рухIияб централда ва гьенибго свалат-салам лъеяв МухIамад аварагасул цIаралда балеб бугеб мажгиталда хIалтIаби гьариялъул иш унеб бугеб куцалъухъ.

Сулейман Керимовас абуна Дагъистаналъул халкъалда цебе жинда тIадаб бугин гьаб хIалтIи рагIалде бахъинабиялъе квербакъи гьабизе. Дагъистаналъул бетIерас гьесие кIудияб баркала кьуна ва абуна жив цIакъ вохарав вугин гьадинав чи ракьцоявги гьудулги вукIиналдаса. ТIадеги жубана хIукуматалъги мажгиталъе кIвараб кумек гьабизе бугилан.

  РухIияб централъул хIалтIухъан МухIамад МухIамадовас бицухъе, С. Керимовас цебеги гьабулаан гIезегIан кумек гьарулел хIалтIабазе ва гьанжеги абуна мажгит бан лъугIизабиялъул иш жинца тIаде босулеб бугин.

— Гьелдаго цебе ДРялъул бетIерасги абун букIана хIукуматалъул бюджетиял гурел харжаздаса маж- гиталъул тIох баялъе кумек гьабизе бугилан. Гьеб мурадалъе гIоло Дагъистаналъул хIукуматалъ 300 миллион гъурущ биччазе буго, — ян абуна М. МухIамадовас.

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандица гьезие баркала кьуна ва тIаде жубана жакъа къоялдаса нахъе нилъ киназго квербакъи гьабуни, мажгит баялъул хIалтIи рагIалде бахъине бу- гин. РухIияб центрин абуни бан лъугIизабизе ракIалда буго 2025 соналдехун.

Гьенибго Сулейман Керимов дандчIвана Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялда къадаралде щварал гIолохъабазул хIежалдаса руссарал гIага-божаралгунги. Гьез Суле мание баркала кьуна, жидер анищги тIубан, хирияб ракьалде хIеж гьабизе ритIаралъухъ.

 МухIамад ХIАМЗАЕВ