С. Меликов — Хунзахъ тIалъиялда

 

   «Расул ХIамзатов витIарав вукIун вуго: мугIруз пана гьарулел руго. Гьанже бичIчIана дида Хунзахъ районалда гьалгощинал гьунар тIокIал шагIирзабиги хъвадарухъабиги щай ругелали».

Гьедин абуна ДРялъул бетIер Сергей Меликовас 29 июналда Хунзахъ районалде щведал.

   Гьесул сапаралъул аслияб мурад кколаан тIасияб соналда нилъеца кIодо гьабизе бугеб Расулил юбилеялда хурхарал суалал дандрай. Гьев гьединго щвана чанго батIияб бакIалде, кIалъана бакIалъул гIадамалгун.

    Ралъдал гьумералдаса 1800 метралъ борхалъиялда бугеб Макьасда Меликов ана Шамилил наиб — Хунзахъа ХIажимурадиегун машгьурав хъвадарухъан Лев Толстоясе лъураб памятникалъухъ балагьизе.

 

 

     Гьенирго туризм цебетIеялъе ругел ресалги рихьизаруна гьесда. Телеграмалда бугеб ДРялъул бетIерасул администрациялъул каналалда лъураб видеоялда инвестор ва Халкъияб Собраниялъул депутат Хучбар Хучбаровас Сергей Меликовасе бицунеб буго Макьасдаги жибго районалдаги разесел туризмалъулги промышленниялги объектазул хIакъалъулъ.

   Гьебго Телеграм-каналалда хъвалеб буго Хучбаровас Меликовасе баркала кьунила хIукуматалъ районалъе гьекъолеб лъим бачиналъе рогIоро лъезе гьабураб хIукмуялъухъ.

Меликов щвана ЦIадаве – «ХъахIал къункърабазе» бараб памятникалдеги ХIамзатилгун Расулил рокъовеги. Гьесда рихьизаруна некIсиял тIагIалабиги, сураталги, Хъандулалъ рессарал давагьабиги.

   Гьенисан республикаялъул бетIер ана Саху Дибирчуевасул цIаралда бугеб Хунзахъ районалъул больницаялде.

110 койкаги бугеб, гьанже заманалъул тIалабазда рекъон бараб бакI ккола гьеб. Амма хIухьладалъун больница хинлъизабиялъул иш лъикI гьечIин бицана Меликовасда больницаялъул хIалтIухъабаз. Гьес рагIи кьуна гьеб суал тIубазе.

Гьелда тIаде районалда буго жеги участкаялъул кIиго больницаги (Харахьигун ГьоцIалъ), амбулаторияги, 50 ФАПги.

    Хадуб С. Меликовасда бихьизабуна республикаялъул инвестициялъул программаялда рекъон 308 цIалдохъанасе гьениб аскIобго, ГIарани, балеб школаги. ЦIалул корпусго гIадин, гьениб букIине буго кваналеб бакIги, общежитиеги, спортзалги, расандизе, хIазе майданалги.

Амма Меликовас бадибчIвай гьабуна жибго школа балеб къагIидаялда ва гьеб хадуб бехъерхъизабулеб букIиналда бан.

   Республикаялъул бетIергун цадахъ цо-цо объектазде щвана Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи» газеталъул бетIерай редактор Фатима МухIамадоваги. «ХIакъикъаталъе» гьелъ кьуна гьадинаб баян:

    «Республикаялъул цере рукIарал нухмалъулезги гIагараб районалде гьарурал сапаразул хъвазе ва дирго берда бихьизе рес щун букIиндал, унтун йикIиналъухъ балагьичIого, ригьдаго къокъана дун Сергей Меликовасулгун дандчIваялде.

    Щвана ралел объектазде, туризм цебетIеялъе кIудиял ресал ругеб Макьасде, больницаялде, Культураялъул рокъоре, музеялде, Хунзахъ росдал «Малыш» ясли-ахалде.

   Щибаб суалалде гъорлъе ваккун, гьарулел хIалтIабазул цIехон, гIунгутIаби ратаралъуб бадибчIвай гьабун, чIванкъотIараб болжалалде лъугIизабеян лъазабулеб букIана республикаялъул бетIерас иш тIаде босаразда. Дие гьеб мухIканлъи кутакалда рекIее гIуна. Лъай кьеялде, сахлъи цIуниялде щведалцин республикаялъул нухмалъулес 2023 соналъ тIоритIизесел тадбиразул бищун кIвар бугеблъун Расул ХIамзатовасул 100 сонилаб юбилей бихьизабулеб букIинги къабуллъана. Узухъда, гьеб лъугьине ккола гIасруялъул тадбирлъун. Гьедин лъугьине ккани, гьеб тIобитIизеги ккола киназулго къуватги, лъайги, бажариги цолъизабун.

   Жидерго лъай кьеялъул гIуцIиялда рагъулабгун ватIан бокьиялъул рухIалда кьолеб тарбия бихьизабурал ясли-ахалъул гьитIичазе Меликовас сайгъат гьабуна акустикаялъул система, райбольницаялда бащдаб гIасруялдаса цIикIкIун заманалъ хIалтIарав Адиев Абу ХIасанович республикаялъул Конституциялъул къоялде ХIурматияб шапакъаталдалъун кIодо гьавеянги буюрана. БукIана республикаялъул БетIерасул гIадамазулгун гара-чIвариязда гIаданлъи-чилъиялъулаб бербалагьи, кумек гьабизе бокьи, гIадатлъи.

Рахъи бугеб, баракатаб батаги республикаялъул тIалъиялъул Хунзахъе гьабураб тIоцебесеб сапар».

    ПалхIасил, Расулил юбилеялда хурхун районалда гьабизе буго 71 батIияб тадбир (фестивалал, паркалгун азбарал къачIай, больницабигун школал ва ясли-ахал церетIезари, коммуналиябгун нухазул магIишат рукIалиде бачин ва цогидаб).

Юбилеялда хурхарал тадбиразул ахIилъун лъугьине руго «Мой Дагестан. Наш Расул» абурал рагIаби.

   Гьединго хIадурун буго искусствоялъулгун культураялъул, литератураялъул церехъабазе Расул ХIамзатовасул цIаралда кьезесеб медалалъул эскизги.