Ираналъул вакил – Дагъистаналда

 

  22 июналда МахIачхъалаялде вачIана Россиялда вугев Ираналъул официалияв вакил Казем Жалали.

Цо-цо баяназда рекъон, гьев дандчIвазе вуго ДРялъул бетIер Сергей Меликовгун, муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевгун, Дармилабгун промышленнияб палатаялъул нухмалъулелгун, ДГУялъул вакилзабигун.

Хадув гьев щвезе вуго Дербенталъул некIсиял объектазде, МахIачхъалаялда бугеб азербайжаназул мажгиталде, гьединго пачалихъияб гIорхъода лъурал пунктазде.

МахIачхъалаялде вачIиналде цебесеб къоялъ Казем Жалали щвана Грозныялдеги. Чачан республикаялдаги Ираналдаги гьоркьор дармилалги цогидалги бухьенал чIезаризе ругел ресазул бицунаго, гьес абуна чачаназ жал росдал магIишаталъул нигIматаздалъун хьезаризе бегьулин, жидеца абуни Чачаналъе квербакъизе бугила информациялъул технологияздалъун, биотехнологияздалъун.