25-абилеб форумалда гьабураб 16 къотIи-къай

 

 

   Исана 25-абилеб нухалда тIобитIараб Петербургалъул халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалда (ПМЭФ-2022) Дагъистаналъ 16 батIияб къотIи-къай гьабуна туризмалда,

Сбербанкалда, ВТБялда, гIелмуялда, экологиялда, нухазул магIишаталда ва цогидалда хурхун.

ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 20 июналда ДРялъул нухмалъиялда

тIобитIараб данделъиялда Сергей Меликовасбицана, масала, ВТБялъулгун гьабураб къотIи-

къаялда рекъон, республикаялда цебетIелин къарзалъе гIарац кьеялъул къагIида, рес щвелин

банкалъул цогидал хъулухъаздаса пайда босизе.

Гьединго РЭОялъулгун (Россиялъул экологиялъул оператор) хъвараб къотIи-къай сабаблъун 10 млрд гъурущ харж гьабизе буго республикаялда рищни-къул бакIарулел, гьеб бацIцIад

гьабулел объектал раялда тIад.

Россиялъул ГIелмабазул академиялъулгун гьабураб къотIи сабаблъун рес буго нилъер росдал

магIишаталъеги ракьулъа магIданал рахъиялъеги пайда бугел гIелмиял цIех-рехал цIикIкIун

гьаризе, Терек гIоралда хурхун раккулел суалал тIуразе.

Гьединго гьанжегIагар Сергей Меликовас журналистазе пресс-конференцияги кьуна ПМЭФалъул

хIасилалги гьарун.

Гьесул пикруялда рекъон, нилъер регионалдехун «Газпром» гIадал чIахIи-чIахIиял компаниязул кIвар букIиналъул магIна ккола республикаялъул росабалъегун шагьаразде газ бачун бахъинабизе улкаялъул президент Владимир Путиница цебе лъураб масъалаги.

Гьеб форумалда къотIи ккана республикаялда газомоторнияб абулеб цIатариялъул комплексал церетIезаризеги. Азербайжаналдегун Ираналде къайи-цIа баччулеб нух нилъер гьанисан бугеб мехалда гьединаб цIатариялъул кIвар цIикIкIараб букIина.

Гьеб  киналдаго  гьоркьосан  форумалда бищун гIемер  бицана  нилъер республикаялда, гьединго

 улкаялда туризм  цебетIезабизе  ккеялъул хIакъалъулъ.

 Гьелда хурхун  ПМЭФалда тIобитIараб  данделъиялда ДРялъул  бетIер  Меликовас   абуна  ковид  

тIибитIаралдаса, дунялалда политикаялда сверухъ  ахIвал-хIал  хисаралдаса  нахъе  нилъерго  улкаялда   жанисеб   туризм   цебетIеялъе  нухал  рагьанила, гьединлъидал рачIайила  къватIисел

 пачалихъаздаса нахъе  къачIел   шартIал  нилъерго гьанирги гIуцIизе. Гьедин гьес рехсана

 тIабигIаталъул, рагъул тарихалъул ва цогидаб рахъалъги туризм цебетIезабизе бегьулел Камчаткаги,Севастопольги, Калмыкияги.

 

 

Дагъистаналда кванил нигIматазул къварилъи гьечIо

Сергей Меликовасда цадахъ ПМЭФалде ун вукIана ДРялъул хIукуматалъул председатель

ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги.

Масала, гьев гIахьаллъараб цо данделъиялда гьоркьоб лъун букIана гьабсагIаталда дунялалда лъугьараб политикиябгун  жамгIияб ахIвал-хIалалда бан кванил нигIматазул нахърател гIураб бугищ-гьечIищ абураб суал.

Нилъер  премьерас бицухъе, чара гьечIого хIажатал кванил нигIматал цо-цо улкабазда хиралъун руго 70-80 проценталъ. Гьелда бан рахIатхвей загьир гьабун буго Индия, Бразилия, Сенегал ва цогидал улкабазул вакилзабаз. ТIадежоялъе, Россиялдаги Украинаялдаги логистикаялъе квалквалал ккеялъ 52 улкаялде баччичIого хутIулеб буго ролъ.

Цо талихIалъ, Дагъистаналъе гьеб рахъалъ къварилъи гьечIин абуна ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас:

– ГIемерисел нигIматал нилъер гьанирго гIезарулел ругелъул, ролъги чакарги хутIизегIан. Амма Ставрополь,Краснодар краяздаса бизнесчагIазулгун ругел къотIи-къаязда рекъон, гьеб кIиябго нигIмат камунги дагъистаниял хутIиларин гIодоре риччазарулел руго премьерас.

Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда гIезабулеб буго пихъилгун пастIабазул нигIматазул 1, 5 млн тонна. ГIемер заманаялъ гьел жанир цIунун тезе бакIал гьечIолъиялъ, цо заманалда (ихдал, хасало) нилъехъе гьел цогидал улкабаздасаги рачIуна. Гьедин чияр нигIматал росичIого рукIинелъун гьанже республикаялда ралел руго пихъилгун пастIабазул нигIматал жанир

цIунулел бакIал. Дагьалъ цебе Гъизляралдаги Гъизилюрталдаги бан бахъана гьединаб лъабго бакI. Гьедин гьабуни, тIубараб лъагIалицаго нигIматазухъ цого багьа букIунин абуна ГIабдулмуслимовас.

 

 Салул авлахъаздасагун

саранчаялдаса кин цIунилел?

Форумалда Калмыкиялъул бетIер Бату Хасиковасгун Сергей Меликовас гъулбасана Дагъистанги гьеб республикаги цадахъ рекъон хIалтIизе.

Масала, кIиязго цадахъ лъугьун туризм цебетIезабизе, гьелъие махщелчагIи хIадуризе, цадахъал ярмаркаби, лъай кьеялъул олимпиадаби, семинарал тIоритIизе. Гьединго росдал магIишаталда хурхарал тадбирал гIуцIизе. Масала, гIи-боцIи хьихьулел бакIал салул авлахъазде

сверунгутIиялъе хIалтIаби гьаризе.

ДРялъул хIукуматалъул председатель ГI. ГIабдулмуслимовасул рагIабазда рекъон, мучIдул

салул авлахъазде свери кIиябго республикаялъе гIахьалаб масъала ккола. Нилъер гьаниб Нугъай районалда руго гьединал ракьал. Советияб заманалда Калмыкиялда рагьараб фитоцентралда тIаде кколеб букIун буго гIи-боцIи кваналел бакIал салул авлахъазде сверизе риччангутIиялъул

тIалаб. Нугъай районалдаги букIана хасаб питомник. Гьенир гIезарулаан джузгун, терескен абурал гIисинал  гъутIби.

Гьаб ахираб заманалда Нугъай районалдаги гьелъулгун гIорхъода бугеб Калмыкиялъул ракьалдаги

гьава-бакъги буго багIарун, тIокIалъ чIечIого гьуралги руго рахъунел, ракьалъе хIалхьи кьечIого, тIубарал лъагIелаз гIиги буго гьениб кваназе

толеб. Гьединлъидал бугеб-гьечIеб  гъветI-хер кьолболъанго бахъун, тIагIинабун, чIегIераб къо чIезабулеб буго гьел ракьазда.

 1952 соналда абуни улкаялъул нухмалъиялъ хIукму гьабун букIун буго гьел ракьал рекьизе (гьениб бугеб гьава-бакъалда данде кколел нигIматалги хьан).

Амма тIасияб гъатги бекьун, рехун тун буго гьеб. Цинги улкаялъул нухмалъиги хисун, гьел ракьазда бан гьабураб хIукмуги кIочон тун буго.

ГIабдулмуслимовасул пикруялда рекъон, тIад хер бижулеб тIасияб

гъат тIагIинабун бугоан доб мехалда.

Гьанже Россиялъул нухмалъулел гьеб суалалде тIадруссун ругин

бицана ГI. ГIабдулмуслимовас.

Волгоградалда бугеб ТIолгороссиялъул агролесомелиорациялъул цIех-рехазул

институталда гъорлъе унеб фитоцентрги гIуцIун, лъазарулел ругила мучIдул салул авлахъалде свериялъе гIиллабиги хадубккун гьеб масъала нахъчIваялъе ресалги.

Амма бухIараб гьава-бакъалда дандечIезе кIолеб джузгун гIадаб гъветI-хер, заз-хъарахъ гьениб гIезабичIого, батIияб куцалда гьеб суал тIубазе кIвеялда щаклъи буго премьерасул. Щайин абуни чамалиго метралъ ракьул гъварилъуде кьибилги ун, жиндиего лъим балагьулила гьелъ. Гьединлъидал гьелъул кьалбаз ккун чIезабулила ракьги. ГIабдулмуслимовасул

рагIабазда рекъон, ахираб лъабго-ункъо соналда жаниб пачалихъалъ субсидиялги кьун, ра-

кьул бетIергьабазда кIун буго гьел ракьазул 17 азарго гектар цIи гьабизе.

Салудаса мучIдул хвасар гьари гуребги, Калмыкиялъгун Дагъистаналъ цадахъаб хIалтIи гьабизе ккола саранчаялда дандеги.

«2018 соналда (дун росдал магIишаталъул министрлъун вугеб мех букIана гьеб) нилъеца нилъерго гьаниса тIагIинабулаан саранча.

Чанго сагIаталдасан цIидасан гъобго жо лъугьунаан Калмыкиялдасагун Ставрополь краялдаса роржун рачIун гьезул тIелалгун. Гьелдаса хадуб нижеца Нефтекумскалда хехаб куцалда данделъи тIобитIун букIана гьеб суалги гьоркьоб лъун», — илан

ракIалде щвезабуна ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.

Калмыкиялъгун Дагъистаналъ тIубазе кколеб цогидаб суал ккола Каспий ралъдал рагIаллъи кIиязулго экономикаялъе пайдаяб куцалда хIалтIизаби.

Гьединго кIиялго ургъизе руго гIиял тайпаби камил гьариялда тIадги. Гьелъие квербакъизе буго

Калмыкиялъулгун Дагъистаналъул аграриял гIелмиял центразги.

 

 

Бищун машгьурал дагъистаниял – Расулги ХIабибги

 

ПМЭФалда гIахьаллъана нилъер тележурналисталги — «Дагъистан» РГВКялъул информациялъул отделалъул шеф-редактор Раисат Юсуповаги «Дагъистан» ГТРКялъул журналистка Виктория Кубаеваги.

Петербургалъул халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалъ гьабураб асаралъул хIакъалъулъ гьадин бицана Раисат Юсуповалъ «ХIакъикъат» газеталъе:

«Дунго дое щвезегIан, гьададигIанго кутакаб хIалалда, кIодого, Петербургалъул экономикияб форум тIобитIулеб батилилан ккезего кколароан. Балагьун бер щолареб, дунялгIанасеб экспо-центр, цо метргицин нахъе хутIичIого, кьабун цIезабун букIана гIахьалчагIазул стендаз. Гьелги рукIана цоцалъ къец бан къачIарал гIадал, гьанже заманалъул тIалабазда рекъон гIуцIа-къарал. Масала, «Газпромалъ» бугоан 3D-технологиялги хIалтIизарун, хIадурараб гIажаибго берцинаб инсталляция – экраналда рихьизарулел рухIчIаголъаби рукIана чIагоял жал гIадин, цIорол гIеркъазукьа къватIире раккулел, гьанже гурел гьанже видеоялдаса къватIире кIанцIун рачIинехъин ругилан ракIалде кколел гIадал.

«ВКонтакте» абураб социалияб сеталъул стендалъги гьабуна лъикIабасар. Гьанже улкаялда Фейсбукги Инстаграмги гьукъун хадуса гьеб сеталъе машгьурлъи щолеб бугелъул, кигIан кIваниги гIемер чиясул кIвар буссинабизеги ккеларищха «ВКялъ» жиндехунго.

Нилъер республикаялъул стендалъул бицунеб бугони, гьеб букIана Дербенталъул ганчIил къадал гьабураб Нарин-хъала гIадаб, меседил салул кьерги тIад чIвараб. Каспи ралъдал рагIалда бугеб салул магIна кколаан гьеб.

ГIезегIан чагIи рачIунел рукIана гьенире. Хасго туризмалъул кIвар бугоан гьезие – гастротуризм батаниги, этно яги экстремалияб батаниги. Гьаб риидал жал чара гьечIого нужехъе щвезе кколин, жидеда Дагъистаналъул хIакъалъулъ гIемер бицунебрагIанилан рукIана гьел. Туризмалда хурхун хIадурарал буклеталги рикьулел рукIана гьенир.

Гьаниб баян гьабизе ккола, цересел соназда нилъер республикаялдаса вакилзаби гIицIго гIахьалчагIи хIисабалда унаан ПМЭФалде. Исана гурони хас гьабун Дагъистаналъулстенд лъечIо гьениб.

 Гьебин абуни тIубан батIияб даража ккола.

Гьединго Ростуризмалъул площадкаялдаги рихьизе бегьулаан Дагъистан ракIалде щвезабулел жал

– гьениб гьалбадерие нилъер урбагун цадахъ мугIрул хурдузул чай кьолеб букIана. ТIоцебе гьеб урбадул хIалбихьарал чагIи рукIана риххун хутIун, сундул гьабулеб тIагIам гьаб

абун. Цинги Ростуризмалъул вакилзабаз бицунеб рагIулаан гьеб кколин умумулъанго дагъистанияз гьабулеб батараб кванил нигIматилан. Жидерго рокъосезе яги гьудул-гьалмагъзабазе сайгъат гьабизеян, пластикалъул контейнеразда жанибе чIванги унеб букIана гIадамаз урба цадахъ босун.

Дагъистаналъул хабар ккедал, бищун машгьурал дагъистаниял щал нужеда лъалелин гьикъидал, гьеб форумалда абулеб букIана аслияб куцалда кIиго чиясул цIар — Расул ХIамзатовасулги ХIабиб НурмухIамадовасулги».

З. ХIажиева