ФАПазда сверухъ цIех-рех

 

   Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ байбихьун буго ЦIунтIа районалъул ФАПазда хурхун уголовнияб дело гьабизе.

   Гьеб сюжеталда бицухъе, чи сах гьавиялъе рукIине кколел шартIал ФАПалда гьечIолъиялъ сакъатлъи ккун буго чанго соналъ цебе квер къотIарав гIолохъанчиясе.

ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго жидеца гьеб ФАПалъул халги гьабунин, гьелъул хIалтIухъабазухъа суравги босанин, дарабиги цогидаб къайи-цIаги гьениб чIезабизе тIаде босарал чагIазул гIайиб чIезабизе баяналги ракIарулел ругилан.

   Квер гIажизлъарав гьев гIолохъанчиясего гIадин, заманалда медицинаялъул кумек щвечIел, щваниги, щвалде щун сах гьаризе бажаричIел хIужаби гIезегIан кколин жидер районалдаян бицана «ХIакъикъат» газеталъе ЦIунтIа райсобраниялъул депутат ва ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев МухIамад-Рамазан ГIабдукаримовас.

   Гьес бицухъе, гьенир ФАПазул гIемерисел руго тIаса-масаго рарал, жагъаллъарал. Гьединго жаниб лъураб къайиги буго бека-биххараб яги гьезего гьечIо.

  — Дагьабго мадараб хIалалда ругин абизе бегьула Миллияб проекталда рекъон, 2019 соналда рарал ФАПал, — ан бицана МухIамад-Рамазаница.

   — Амма гьенирги руго гIунгутIаби – бачараб лъимги гьечIо, хинлъиги гьечIо, санузел гьабизеги кIочон тун буго. Тохтурзабазе къваригIарал алатазул бицинего бицинарин. Килщаз, квераз квалун балагьулеб буго чиясул унтараб бакI.

  Анестезиолог гьечIо нижер районалда. Апендициталъул унти чIварав чи балагьун чIезе ккола Агъвалиса яги ЛъаратIаса бахъарав тохтур тIаде щвезегIан. Дир вас микьго сагIаталъ чIун вукIана гьедин, унтиги хIехьон. Гьеб заманалда жаниб беццаб бакьги бихъана.

   Яги босе гъоркьиса бан лъугIараб районалъул больница. Гьанжеялдего бортун бачIунеб буго къадаздаги болъабаздаги ккураб кафель. КIиго моцI буго гьелъул бетIерав тохтурлъун гIезегIан лъай бугев гIолохъанчи тIамуралдаса. Амма гьесие ирсалъе щун руго 445 млн гъурщил налъаби. Кин гьес гьел рецIизе ругел?

   Гьединабго хIал буго школазда, нухазда, токалъул магIишаталда ва цогидалда хурхунги. Масала, некIого басралъарал токалъул хIубалги, тIаса чIикIарал таликуналги руго бакI-бакIазда далун. Масала, дагьалъ цеве цо гIолохъанчиги хвана токги кьабун.

Нилъерго лъималазеги нилъеегоги рукIине гурищ школалги больницабиги ралел, нухалги рахъулел. РагIа-ракьанде щвезабизе ккеларищ гьабулеб хIалтIи? Фашистаздехун гIадаб бербалагьи буго бихьизабулеб.

   Гьеб киналдаго хадуб халкквезе тарал пачалихъалъул идараби кире ралагьун ругел?

   ГьабсагIаталда Шагьикь росулъ балеб школаги гьединго неда-гъедон, тIаса-масаго баладай абураб хIинкъи бачIунеб буго. ЦIумадаса АхIмад Давудовас рарал объектаздехун тIадкIалъай букIунаро. Гьединал ракIбацIцIадал чагIазда тIад щай къаларел гьединал ишал?

   Гьелги цогидалги суалал цере лъезеги дандразеги ДРялъул бетIер Сергей Меликов ЦIунтIе ахIулев вуго гьеб районалъул жамагIатчагIаз.