Шидиб цIадазул хIасил

 

   Ахирал къоязда рарал чвахунцIадаз, талихIалъ, гIадамазе къварилъи ккечIо. Амма жагъаллъана шагьранухал, тIуна токалъул кварал.

Масала, ЛъаратIа районалда анкьица цIадалги ран, нух щолеб букIинчIо Шидиб росдал администрациялда гъорлъе унел росабалъе. 8 июналда ЛъаратIа районалдаса щварал баяназда рекъон, гьанже дагь-дагьккун къачIалел руго гьел нухалги токалъул кваралги.