Бесдалазеги гьимана бакъ

 

    ТӀоцебесеб июналда, халкъазда гьоркьосеб лъимал цӀуниялъул къоялда, «Муслимат» руччабазул диниябгун жамгӀияб гӀуцӀиялда бесдал лъималазе рохалилаб байрам тӀобитӀана. «Муслиматалда» цебе рагьараб «Аманат» школалъул цӀалдохъабаз байрамалде рачӀарал лъималазе ва гьезул улбузе рикӀкӀана кучIдул, ахIана нашидал. «Аманата­лъул» цӀалдохъабаз бихьизабуна Къуръан цӀализе бугеб гьунарги.

   Лъималазе цӀакъго рекӀее гӀуна диналда хурхарал бицанкӀаби ва гьел чIваразе кьуна сайгъаталги. Лъималазда байрам баркизе «Муслиматалде» гьоболлъухъ вачӀун вукIана ДРялъул пачалихъияв секретарь МухӀамадсултан МухӀамадовги.

Тадбиралъул аслияб мурадлъун букӀана бесдал лъималазул ракӀал рохизари, гьезда исламалъул берцинлъи бихьизаби. МухӀамад аварагас (с.гӀ.в.) лъималазул ихтиярал цӀуниялъул, гьезие лъикӀаб тарбия кьеялдалъун эбел-инсуе щвезе бугеб даражаялъул бицунел хӀадисалги рехсана.

«Муслимат» гӀуцӀиялъул председатель Хадижат ШихгӀалиевалъ гьеб тадбиралъул хIакъалъулъ гьадин бицана:

   — Жакъа гьанир данделъун руго тӀубарал гурел хъизамаздаса улбул ва лъимал. Гьединал хъизамаздаса лъималазе улбуз гьабулеб буго эменлъиги эбеллъиги. Гьезухъа бажарулеб буго лъимал чияде ккечӀого гӀезаризеги, гьезие лъай кьезеги, рукъалде руссинаризеги. Сахлъи ва сабур кьеги гьединал улбузе. Жакъа гьединал хъизамазда кӀвар бугеб жолъун ккола лъикӀаб тарбия кьей.

Нужеца гьезие росулел расанкӀабиги, ралел минабиги, бечелъиги гьадингояб жо буго гьезие лъикӀаб тарбия кьечӀони.

    Жакъа буго риидалил цӀалул тӀоцебесеб къо. Нижер гьанире Къуръан цӀализе ва диналъул аслаби малъизе къабул гьарула ункъо сон баралдаса нахъе руччаби. «Аманат» лъималазул рухӀияб централде ункъо сон баралдаса анкьго сон базегӀан лъимал къабул гьарула, — ян бицана гьелъ.