«Ургъел бикьизеги къваригIун руго гIадамал»

 

      31 маялда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда «Молодая гвардиялъул» вакилзаби ГIумар Багъиновасги МухIамад МухIамадовасги бицана гьанжегIагар Мариуполь шагьаралда жидеца гьабураб волонтёрлъиялъул хIакъалъулъ.

Гьездаго цадахъ гьениве вачIун вукIана «Молодая гвардиялъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев Сергей Никитинги.

 

   Дагъистаналдаса цоги волонтёр, Рамазан Гетаев, гьал къоязда доваса тIадвуссун вачIине вугиланги бицана Никитиница.

Гьезул гIуцIиялъги «Волонтёрское братствоялъги» Донбассалде волонтёрал ритIулел руго 30 марталдаса байбихьун. Гьедин улкаялъул батIи-батIиял регионаздаса гIолохъаби гьенире унел руго щибаб итни къоялъ. 30 марталдаса нахъе гьанжелъагIан нилъер улкаялдаса 500 волонтёр хIалтIун вуго дова.

Гьединго рагъ ккаралъуса лъутарал гIадамал ралагьизелъун 4 апрелалда www.poisk-mariupol. ru абун сайтги хIалтIизе биччана «Молодая гвардиялъ». Гьелдаса нахъе кIиазаргониги чи валагьун вуго гьез. Жидер гIагарал ралагьеян 11 азарго гIарзаги бачIун буго гьеб сайталде.

    Донбассалде ине бокьаразе доба бугеб хIинкъиялъулги, цIодорлъи гьабизе ккеялъулги хIакъалъулъ бицун, цин бичIчIикьеялъулаб хIалтIиги гьабулеб буго гьез. Къварилъи ккаразе медицинаялъул, психологазул ва цогидаб кумек кин гьабизе кколебали малъулеб буго хасаб централда.

Сергей Никитинил рагIабазда рекъон, волонтёраллъун Донбассалде ине бокьарал гIолохъаби, хасго студентал, гIемер руго нилъер республикаялда. Амма сессиялъул заман тIаде щолеб букIиналъ дагьалъ чIезе кколел руго гьел.

   Мариуполалдаги гьелда гIагарлъухъги гьабсагIаталда хIалтIулев вуго 200 волонтёр. Гуманитарияб кумекалъе бачIараб квен-тIех, ретIел-хьит, дараби рикьизего гIадин, «Скорая помощалъул» машинаялда медицинаялъул кумек гьабизеги унел руго гьел. Масала, гьедин унев вукIун вуго ГIумар Багъиновги.

Гьевги МухIамадги, цогидал волонтёралго гIадин, рега-рахъун цин школалда, цинги чадразда жанир рукIун руго. АскIобго гIадин къойилго рагIулеб кьвагьагIанхъиги букIун буго.

   «Азов-сталь» заводалдаса 30- 40 километралъ рикIкIад букIана нижер чIей. Я лъим, яги цогидаб санагIалъи гьечIого, цIакъ захIмат букIана гьениб, школалда. Гьелъул цояб тIалаялда ниж, цогидалда – рагъулал хъулухъчагIи рукIунаан нижги цIунун. Гьединго гуманитарияб кумек бикьулеб пунктги букIана гьениб рагьун.

Нижеца цин хъвай-хъвагIай гьабулаан гьеб кумек хIажалъун рачIарал гIадамазул. Хадуб бикьулаан гьеб. ТIоцебе кьолаан херал чагIазеги гIисинал лъималгун рачIаразеги. Амма бикьулеб жо цIикIкIун щвезе къваригIун, жидерго лъимал хIисабалда чиярал рачунги рачIунаан цо-цоял. Гьединлъидал нижеца лъимал гьариялъул хIакъалъулъ хъвараб свидетельство тIалаб гьабулаан гьездаса. Цо нухалъ вачIана гIолохъанав вас, жив микьго лъимадул эмен вугиланги абун. Амма тIаде балагьун гьелгощинал лъимал гьаризегIан сонал рарав чи вукIинчIо гьев. Цоги нухалъ бихьана кумекалда хадув вачIарав гIолохъанчиясул квералда рахъ- арал нацистазул гIаламатал. ГIадатиял гIадамазул ххвелалда вачIарав нацист ватилилан, ниже- ца гьесул хIакъалъулъ рагъулал хъулухъчагIазда лъазабуна. Бо- кьараб жо ккезе рес букIиндалха гьениб. Нижеда цеве цо волонтёр викъизецин хIалбихьун букIана доз», — ин бицана ГIумарица.

Подвалахъ яги дора-гьанир рахчун, хадур къватIире рахъарал бакIалъул гIадамазул бербалагьи жидедехун лъикIаб букIаниланги бицана ГI. Багъиновас.

Волонтёразда тIад ретIарал хъахIилал яги багIарал футболка- би рихьидал, аскIоре рачIунаанила гьел.

    — Квен-тIех яги цогидаб къайицIа гуребги, гIицIго кIалъазе къваригIунгицин рукIунаан гIадамал. ГIемер бицине кколаан гьел гIодоре риччазарулеб хабар. Гьединго сах гьаричIого тарал ругънал гангренаялде сверарал хIужабиги рукIана гьенир. Хасго херал гIадамал рукIана цIакъ пашманго гьанже бох-гъеж къотIун хадуб, жидер тIалаб лъицадайила гьабилаян. ТIадежоялъе гьезул гIемерисел рукIана лъималаз рехун тарал херал эбел-эмен, — илан ракIалде щвезабуна Багъиновас.

Минабиги риххун, къватIир хутIарал гIадамал жидехъего рачун хьихьулел рукIиналъул бицана МухIамад МухIамадовас:

«Цо гIадан ячIун йикIана нижер пункталде хъвай-хъвагIай гьабизе. Гьелъухъ букIана щуго-анлъго батIияв чиясул паспортги. Жидеца гьел жидехъего рачун ругин абуна гьелъ.

Гьеб бакIалдаса гочун ине бокьарал чагIазеги кумек гьабулаан нижеца. Къойилго 70-80 чи рекIинавун автобусаздагун, фильтрациялде вачун унаан. Хадур гьезие бокьараб бакIалде ритIулаан – яги Россиялде, яги Украинаялъул регионазде».

Волонтёраз доба лъималазе рекIелгъеялъул тадбиралги тIоритIун ругоан. Масала, цо нухалда шарикалги рухьун, кепихтилаталда рукIаго, цо шарик кьвагьун буго. Гьеб мехалда лъимал рачIинахъего ракьалда регун чIун руго гьеб кьвагьараб жо гумпарайиланги ккун.

   ГIумар Багъинов ккола политехникияб колледжалъул преподатель. Волонтёрлъун Донбассалде ине бокьилищан гьикъидал, отпускги босун, ун вуго ГIумар дове. Гьанже цIидасан инеги ракIалда буго. Жиндие гьадинги рагъулаб хъулухъ тIаса бищизе бокьун букIанилан абуна ГIумарица.

     МухIамад МухIамадовги ккола гьебго политехникияб колледжалъул студентги, Багъиновго гIадин, «Молодая гвардиялъул» активистги. Донбассалде ине живго нахъе къачIониги, рокъосезе цин лъикI хабар бицине ккун буго гьес. Цин МухIамадица гьел хIадур гьарун руго жив гIорхъода вукIине вугин, хадуб абун буго рагъ-кьал гьечIеб бакIалда вукIине вугилан.