Минаялъул хIал, фондалъул хIалтIи

 

 

  ГIемертIалаял минабазул капиталияб ремонт гьаби аслияб хIалтIилъун кколеб капиталияб ремонт гьабиялъул фонд гIуцIун букIана 2013 соналда. Гьелдаса нахъе араб 9 соналда жаниб фондалъ гьабуна гIезегIан кIудияб ва пайдаяб хIалтIи.

18 маялда, «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб данделъиялда фондалъул нухмалъулев МухIамад ГIалиевас кьураб баяналда рекъон, 2014-2040 соназда капиталияб ремонт гьабизе ккола 4001 минаялъе.

 

    Гьелъул хIалтIи тIадбан ине байбихьараб 2014 соналда къачIазе хIисабалде босун букIана 30 гIемертIалаяб мина. Рукъалъул гIатIилъиялда рекъон кьезе тIадал взносал 15 проценталъ гурони ракIаризе кIун рукIинчIониги, гьеб хIалтIи тIубана 100 проценталъ. 2020 соналде щвезегIан капиталияб ремонт гьабуна 82 азарго чияс гIумру гьабулеб 580 минаялъуб, хисана чанго нусго тIох, гьединабго къадар лифтазул, цIи гьаруна фасадал ва коммуникациял, къачIана кьучIал. 2021 соналда взносал (1 кв метралъухъ 6,5 гъурущ) ракIариялъул процент бахана 71-ялде ва гьелъул хIасилалда тIубанго хисизабизе кIвана 177 гIемертIалаяб минаялъул сипат. Гьезда гьоркьоса 78 минаялда лъуна цIиял тIохал, 48 минаялда цIи гьаруна фасадал, 68 минаялде рачана цIияб тайпаялъул коммуникациял, 32 минаялда лъуна хIинкъи гьечIел лифтал. Лифтал къачIай ва гьел хиси ккола кIвар бугеб масъала. Ахираб 20 соналда жаниб лифтазул магIишаталда гьабин абизе гIураб хIалтIиго гьабун букIинчIо. ГIаммаб куцалда республикаялда хисизе ккола 500-гIанасеб лифт. Гьеб хIалтIи тIубазелъун республикаялъул бюджеталъ щибаб соналъ биччала 100 млн гъурущ ва гьелъул хIасилалда, ахираб 3 соналда жаниб хисизе кIвана 247 лифт. Хисизе цIиял лифталги къватIире риччала нилъерго заводазда («Кизлярский электроаппаратный» ва «Махачкалинский машиностроительный»).

   Гьеб киналдаго тIаде, шагьаралъул администрациялъул гьариялда рекъон къачIана жеги 10 гIемертIалаяб мина. Къабул гьарурал планазда рекъон, исана къачIазе ккола 65 мина, цоги сурсатазул квербакъиги хIалтIизабун, гьеб къадар цIикIкIине бегьула 100-ялде щвезегIанги.

 

ГIабаш ГIабашилов