Премьерги цIумадиселги

 

 

ДРялъул хIукуматалъул вакилзабигун цадахъ премьер-министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов щвана ЦIумада районалде.

 

    19 маялда гьез магIарухъе сапар бухьун букIин бичIчIана параялда жаниб соцсетаздасан тIибитIизабураб видеороликалдасан. МагIарде гочунеб гIиги цебе къотIун унев вехьасулгун накъиталда вугоан гьенив ГIабдулмуслим. Цинги цо заманалда риидалил мугIрузде гочун унеб гIиял рехъалъа хапун ккуна гьес кьегIер. Гьелдаса хадуб цо-цо журналистазги тIиритIизаруна премьер-министрасго гIадин жидецаги рехъалъа хапун кколел гIиялъажалазул видеоял.

    ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги хIукуматалъул вакилзабиги щвана Гьигьалъ-ГIурухъе, ТIиндире, Метраде, ТIасияб ва Гъоркьияб Хъварщинире, ЦIихалахъе, Хушеталда аскIоре, Эчеде, Силдире, Агъвалире. Гьигьалъ-ГIурухъ ГIабдулмуслимовас транспорталъул министрасда тIадкъана 2020 соналда ччукIун ракьгун хвезабураб машинадул нух исана августалда къачIазе байбихьеян.

    ТIинди росулъ гьел щвана участкаялъул больницаялде, кIалъана «Земский доктор» абураб программаялда рекъон гьенире хIалтIизе рачIарал гIолохъанал тохтурзабигунги. КватIичIого больницаялъе кьезе буго УЗИ-аппаратги.

Хадуб гьез хал гьабуна 2020 соналда базе лъугьараб ясли-ахалъулги. Гьеб бан бахъуна исана.

    Цинги гьалбал ана Эчеде футбол хIалеб майдан рагьизе. 10,7 млн гъурущги харж гьабун, гьеб бан буго «Комплексное развитие сельских территорий на период 2020-2025 годы» абураб пачалихъияб программаялда рекъон.

 

Нухалги мехалги

 

       «ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъ балагьун чIун рукIана ниж. Амма нахърахъичIого тIуразе кколел цогидал ишалги раккун, гьесул тIадкъаялда рекъон, ЦIумаде вачIана хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов. Районалъул гIадамал цIакъ разиго хутIана гьесдаса. ГIадатиял гIадамазул гIумруги бичIчIулев, жинда бокьараб хабарги бицине бегьулев, кутакалда ракI тIаде цIалев чи вугоан гьев», — ан бицана «ХIакъикъаталъе» ЦIумада районалъул нухмалъулев Шамил ГIумаровас.

Гьесул рагIабазда рекъон, чанго батIияб росулъе щун хадуб гьез данд­ ран руго токалъулги, КIванадагун Гьигьалъ ралел школазул, нухазул ва цогидалги суалал.

     «Бищунго кIвар буго нижее нухазул. Зама-заманалдасан ралел чвахунцIадаз гьел жагъал гьарула яги тIубанго машина хьвадизе бажару- лареб хIал лъугьинабула. Гъоркьиса сентябралда рарал цIадаздаса хадуб жагъаллъараб Агъвалиса Кидеробе унеб машинадул нух къачIазе рагIи кьуна хIукуматалъул нухмалъулес.

Гьеб мехалда гIоралъ босун ун букIана Агъвали спорткомплексалда цебе лъураб сангар. ГI. ГIабдулмуслимовас нухазул магIишаталъул идараялъул нухмалъиялъе тIадкъай кьуна цIидасан гьениб гьеб базе», — ян баян гьабуна Шамил ГIумаровас.

     Гьес рехсараб Агъвали-Шаури нухалда тIад 80 млн гъурущ харж гьабизе букIин хъван буго ДРялъул хIукуматалъул официалияб сайталда («Развитие территориальных автомобильных дорог республиканского, межмуниципального и местного значения» абураб пачалихъияб программаялда рекъон).

 

 

Метрадаса жамагIатчи

 

    ЦIумада районалъул щуго росдал вакил хIисабалда гьенив премьерминистр ГI. ГIабдулмуслимовгун дандчIвана «ХIакъикъат» газеталъул штаталда гьечIев мухбир – Мет­радаса ХIабиб Давудов.

    Гьадин бицана гьес ГIабдулмус­ лимовасулгун жиндир ккараб гара-чIвариялъул хIакъалъулъ:

    «Чара гьечIого тIуразе хIажатал суалазул бицун, ургъел бикьана дица хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасде. Масала, нижер щуго росулъе (Метраде, ЦIихалалъе, Гъоркь ва ТIад Хъваршинире, Хушеталде) рахунеб бакIалда батула къогоялдасаги цIикIкIараб свери. ЧвахунцIад бани, гьенисан нухал хола, цо-цо мехалда машина бахинчIогоцин хутIула. Нижер Метрада росулъе нух къачIачIони, дол хутIарал росабалъеги унаро транспорт. Гьединабго гIунгутIи токалъулги ккола, гIазуцIад байдал. КIикъогогIан соналъ цебе рохьосан бачараб линия буго токалъул. Гьанже гьеб ток машинадул нухккун бачине санагIалъи гьабеян гьарана дица премьерасда.

   Гьединго магIарухъ росаби чIун­ тичIого рукIиналъе санагIалъаби гьаризе ккеялъулги бицана. ШартIал гьечIолъиялда бан, гIолохъаби шагьаразде, гIатIиракьазде гочунел ру­гелъулха. Нижер росулъ хутIун буго 60 цIараки. Гьелниги цIунун хутIу­ лелани гьенир. Амма гьениб гьечIо спортзал, ФАП. Гьел суалал тIуразе рагIи кьуна ГIабдулмуслимовас.

 

 Ахир-къадги бихьила…

 

     ДРялъул хIукуматалъул вакиллъиялъ ЦIумада районалде гьабураб сапаралъул кIудияб хIасиллъун ккезе бегьулаан цохIо масъала тIубазе кIванигицин — Гуржиялъулгун гIор­ хъода бугеб Хушет росулъе нух бахъизе бажарани. ГьабсагIаталда жиндирго гIарцухъ гьеб хIалтIи байбихьун буго Халкъияб Собраниялъул депутат, ЦIумада районалдаса ГIабдурахIман Камиловас.

ЦIумада районалъул нухмалъулев Шамил ГIумаровас «ХIакъикъаталъе» бицана премьер-министрас транспорталъулгун нухазул магIишаталъул министрасда тIадкъанин гьанжеялдаса хадуб Хушеталде нух хасаб программаялда гъорлъе бачеян.

   ГI. ГIабдулмуслимовасде мугъчIвайги гьабун, ДРялъул хIукуматалъул официалияб сайталда хъван буго Хушеталде нух гьаб лъагIелгун бащдаб заманалда жаниб бахъун лъугIизе кколилан.

«Метрадаса байбихьун, Хушеталде щвезегIан нух бахъизе депутат ГIабдурахIманица байбихьаралдаса ункъо-щугониги сон буго. Гьанже нижехъе гьеб щвезе щугогIанасеб километр хутIун буго. Гьебгиха — кьурабиги ругеб, бищунго захIматаб бакI. Гьединлъидал, гьабщинаб заманалда къварилъиялда рукIарал ниж кутакалда рохун руго ГIабдурахIманидаса, гьес гьеб тIаде босунилан. Носилкабазда лъун гурони, унтарав яги хварав чи росулъа къватIивеги жанивеги восизе рес гьечIого, малъ къосун ругелъул ниж. Азарабго баркала ГIабдулмуслимиеги, гьеб нух гьанжеялдаса хадуб республикаялъ- ул хIукуматалъул программаялда гъорлъе босизе тIалаб гьабуралъухъ», — илан бицана Хушет росдал бегавул Мурад Окиевас.

   2021 соналъул февралалда «ХIакъикъаталъул» редакциялде вачIарав Хушеталдаса ХIапиз Абулмуслимовасги гьадин бицун букIана жидедаго дандчIвалел масъалабазул хIакъалъулъ:

«Райцентралдаса 99 километралъ рикIкIада, 2055 метралъул борхалъиялда буго Хушет. ГIага- шагарго 250 цIаракиги буго гьениб. КIодолъиялъул рахъалъ районалда щуабилеб бакIалда буго гьеб.

   Росдае хIажатал масъалабазул цояб ккола нилъер операторазул (телефоналъул) бухьен гьечIолъи. Гьединлъидал нижеца пайда босула гуржиязул бухьеналдаса. Грузиялдаса сигнал лъикI ккола Хушеталда, нилъ- ер операторазулалдасаги.

Росулъ гьанжегIагар бана цIияб школаги. 70 лъимералъе бакI буго гьениб. ГьанжелъагIан лъимал хIебтIун рукIана биххун тIатIала кколеб гIадаб, басрияб школалда жанир. Гьенибе къайи-цIа вертолёталда баччизе квербакъи гьабуна Хунзахъ чIараб гIорхъаби цIунулез. Дагьабниги тIадагьаб къайи хIамуздаги лъун баччула росулъе. Гурони, машинадул нух гьечIелъул жеги гьенибе. АнцIго километралъ лъелго рахине ккола росулъе.

     Нижеде щвелалде ругел районалъул нухал гIатIид гьарун, къачIалел руго. Гьебги лъикI буго. Амма гьелда цадахъго дагьа-дагьаб букIаниги нижехъеги бахъулебаниха нух.

Нижеда сверухъ буго жеги чанго кули. Гьениса лъималги хьвадула Хушеталде мугъзада раччун тIахьалгун. Гьеб цIакъ санагIалъи бахъ- араб суал буго гьезие: цин 5-6 километралъ эхеде ххаризе, тIадруссунеб мехалда эхеререгIелалъ ине».

 

ХIабибил росулъеги щвана

 

    Гуржиялъулгун гIорхъода бугеб Хушет росулъе унеб нухдеги щун, хIукуматалъул вакилзаби Силдиреги рачIана ГIабдулманап ва ХIабиб НурмухIамадоваз жидерго гIарцухъ гьениб бараб спортивияб базаялъухъ балагьизе. ГьабсагIаталда гьенир руго гьалбадерие рега-рахъине бакIалги, столоваяги, спортзалги, кватIичIого тIаде разе руго воркаутплощадкаги, баскетболгун футбол хIалел бакIалги.

   ГIабдулманапидагун ХIабибида ракIалда букIун буго гьениб гьанже заманаялъул тIалабазда дан- де кколеб, кIудияб спорткомплекс базе (Центр спортивной подготовки по единоборствам). Амма законалда рекъон, гьеб ракь данде кколеб батичIо гьединал объектал разе. Гьединлъидалин бицана спорталъул министр Сажид Сажидовас, НурмухIамадоваз гьеб комплекс бай Дубкиялде бахъанила.

БукIаниги, улкаялъул президент Владимир Путинил тIадкъаялда рекъон, кватIичIого гьениб дандбитIун пачалихъалъги базе буго гьединабго комплекс.

Исана сентябралде щвелалде гьелда хурхун проекталъулгун сме­таялъул документация хIадур гьабеян тIадкъайги кьуна цадахъ ру­ кIарал хIукуматалъул вакилзабазе премьерас.

Хадуб хIукуматалъул вакилзаба­ зулгун Силди росдал бегавул МухIа­ мад НурмухIамадовасул гара-чIвари ккун буго силдадериеги ЦIумада районалъул тIасияб участокалъул росабазеги чара гьечIого хIажатал суалазда тIасан.

     «Дир хIисабалда, магIарухъ ругел гIадамазе бищунго къваригIуна нухалги токги. Масала, гьанже къачIазехъин бугеб Агъвали-Кидеро шагьранухалъ бигьалъизабизе буго цIумадисезулги цIунтIадерилги гIумру. Гьединго хIукуматалъул вакилзабазулгун букIараб дандчIваялда нижеца ракIалдещвезабуна 1976 соналда гIадамаз жидецаго Эчедаса Силдибе токалъул кварал цIараб куц, хадуб гьенисан гьел цIана Метрадеги, Хъваршиниреги, Гьакъореги, Хушеталдеги, Хъвайниреги, ЦIунтIа районалъул Сагьада ва Мекали росабалъе. Гьанже гьел бакI-бакIалъа тIу-тIун рачIун, лъицаниги кIварги гьабичIого рехун тун руго. Гьединлъидал нижеца республикаялъул хIукуматалъул бетерасда гьарана гьел токалъул кварал Агъвали-Кидеро шагьранухккун цIайилан», — абун бицана МухIамад НурмухIамадовас.

Гьеб дандчIваялда гьединго хабар ккун буго Агъвали балаго чIун хутIараб административияб минаялда ва Гьигьалъ балеб школалда. Масала, рагъулабгун бакIал раялъ- ул Управлениялъ рагIи кьун букIун буго араб соналъул сентябралде гьеб бан бахъинабизе.

ДандчIваялда гьединго бицана «Комплексное развитие сельских тер- риторий» абураб программаялъулъгун «Местные инициативы» абураб проекталъулъ районалъул росаби гIахьаллъизе лъикIаб букIиналъулги.

     «Нижер районалъул лъабго росу – Силди, ТIинди ва Лъондода – гIахьаллъулеб буго «Местные инициативы» абураб проекталъулъ. Гьелда рекъон, Силди щула гьаризе руго росдал къватIал (ракь ччукIун бачIине рес бугелъур къадалги ран), ТIинди гьабила парк, Лъондоде бачина лъим», — ин бицана бегавулас.

    Абухъего, МухIамад НурмухIама­довас Силди росдал администрация­лъе нухмалъи гьабизе лъугьаралдаса росулъ гIезегIан хIалтIабиги гьарун руго: километралъул манзилалда бачун буго канализация, гамачIги ккун, къачIан руго гIадамал рилълъу­нел нухал, росдал къадал ва цогидаб.

Зульфия ХIажиева