Туристал нахъе кIанцIизарунгутIизе

 

 

    18 маялъул радал МахIачхъалаялда КТОги лъазабун, чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кIигояв.

Закон цIунулезул рагIабазда рекъон, гьел хIадурулел рукIун руго тахшагьаралда энергетикаялъул объектазда терактал гьаризе.

Гьелдаса чанго сагIат ун хадуб, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас лъазабуна социалиялги стратегиялъулги кIваразул объектал цIакъго цIунизе жинца тIадкъай кьун бугилан.

   Гьес бичIчIизабуна ахираб заманалда республикаялде рачIунел рикIкIен гIемерал туристал гьединал хIужабаз нахъе кIанцIизаризе рес букIин.