Ополченцал — рагъул гIахьалчагIи  

 

  Рагъул гIахьалчагIазда ващалъизавуна жеги 19 дагъистанияв. Гьел ккола 1999 соналда республикаялда букIараб рагъулъ гIахьаллъарал ополченцал. Гьеб даражаялъе мустахIикълъизе квербакъана рагъулъ гьезие щварал шапакъатазги судазул хIукмабазги.

 ДРялъул хIукуматалъ 2021 соналъул 11 октябралда тIоцебе тасдикъ гьабураб ополченцазул сияхIалда вукIана 529 чи. ТIаде цIи-цIиял цIарал лъанагIан, гьеб кIодолъулеб буго. Гьедин гьанже ахиралда жидехъе щуго батIияб муниципалияб гIуцIиялдаса гIарзаби рачIун рукIанин бицана хIукуматалъул данделъиялда захIматалъул ва социалияб рахъалъ цебетIеялъул министр ГIабдурахIман МахIмудовас.