Ветераназе гIарац цIикIкIинабуна

 

 

  Жакъа республикаялда хутIарав КIудияб ВатIанияб рагъул 29 ветеранасе моцIи-моцIие кьолеб гIарац цIикIкIинабизеги, ремонтал гьарун, байрамкъоялде гьезул рукъ-бакI къачIазеги, цогидал хIажалъаби тIуразеги гIамал гьабеян тIадкъай кьуна Сергей Меликовас гьал къоязда республикаялъул нухмалъиялда тIобитIараб данделъиялда.

ЦIикIкIинабун буго Бергьенлъиялъул къоялде ветераназе цоцIул кьолеб гIарацги (30 азарго гъурщил бакIалда — 50 азарго), материалияб рахъалъ цIуна-къаялъе моцIи-моцIие кьолеб гIарацги (кIиазаргоялъул бакIалда – 20 азарго гъурущ).