Донбассалъул лъималазе сайгъат

 

 

   РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумахановас ДНР ва ЛНР республикабазул лъималазе ритIана адабияталъул тIахьал.

«Донбассалъе тIахьал» абураб акциялъул рахъги ккун, Пушкинил, Лермонтовасул, Гоголил ва Толстоясул хвел гьечIел асараздаса данде гьарурал тIахьал ккола гьел.

— Улкаялда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал-хIалалъ ракI­ги гIодоб чIвазабун ругел лъималазул ракIал биччанте гьел тIахьаз чIаголъизаризе. Гьелъулъги батизе бегьула гьезие хвасарлъи, — ян абуна С. ГIумахановас.