ЦУРалъ бицунеб буго…

 

 

13 апрелалда МахIачхъалаялда ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Алексей ХIасановас тIобитIараб дан­де­лъиялда ЦУРалъул (центр управления регионом) нухмалъулев МухIамадсултан ГIабдуралимовас бицана гьезухъе гIарзахъдулел дагъистаниязул рахIат хвезабулел суалазул хIакъалъулъ.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьел ккола чара гьечIого къойилго хIажалъулеб къайи-цIаялъухъ ругел багьабиги аптекабазда дараби рати-ратунгутIиги.

Гьедин хъвалеб буго ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул Телеграмалда бугеб каналалда.