Стелс-омикроналдаса цIунизе

 

   ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 12 апрелалда Сергей Меликовас тIобитIана ковидалда данде къеркьеялъул оперативияб штабалъул данделъи. 

    Гьелъие гIиллалъун ккана ква­тIичIого вирусалъул цIияб штамм — «стелс-омикрон» — тIибитIизе бегьулин абурал харбал тIадеялдаса тIаде хIалуцунел рукIин. Китаялда баккун буго гьеб унти гьанжеги.

    Гьединго вакцина гьабуразул къадаралъулги бицана гьеб данделъиялда. 12 апрелалдехун гьеб гьабун буго 1 337 656 чияс (74,3 процент). Нагагь вакцина гьабизе ракIалде ккарал чагIазе хIажалъани, 116 азарго дозаги буго нахърателалда.

    С. Меликовас баркала кьуна гIемер чияс вакцина гьабурал Хьаргаби, Гумбет, Догъузпара, Хив, Курах ва Сергохъала районазе.

    Сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъ бицана гьаб­сагIаталда гьеб унтудаса сах гьавизе вегизавун вугин 86 чи, 11 чи реанимациялдаги вугила. Гьелъ бицухъе, кислородалъул рахъалъги щибго къварилъи гьечIо. Москваялъул сахлъи цIуниялъул департаменталдаса битIун бачIараб 10 азарго хасаб (защитный) костюмги бикьун буго больницабазда гьоркьоб.