Армиялде ахIизе вуго хасаб махщалие куцарав чи

 

   ТIоцебесеб апрелалдаса байбихьун республикаялда унеб буго гIолохъаби армиялде ахIиялъул ихдалилаб компания. Исана ракIалда буго 3000-гIанасев чи ватIан цIунулезул кьерде витIизе. Гьедин бицана «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда ДРялъул рагъулав комиссар Даитбег МустIафаевас. Гъоркьиса хасалихъе рагъулаб хъулухъ тIубазе ритIаразде дандеккун гьеб тарих дагьаб бугинги абуна гьес. Гьединго цIакъ кIвар бугеб хIужалъун ккана, армиялде ахIарал гIолохъабазул цониги чи Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялда гIахьаллъи гьабизе витIизе гьечIин рагъулав комиссарас абиги.

   — 2021 соналъул 1 октябралдаса 31 декабралде щвезегIан 3000-ялдасаги цIикIкIун чи витIана нижеца рагъулаб хъулухъ тIубазе. Исана унезул къа­дар гьедигIанасеб букIине гьечIо, гIага-шагарго 3000 чи. ТIубараб Россиялдаго хасалихъе букIараб тарихалде дандеккун, чанго азарго чияс дагьлъана армиялде ритIулезул къадар. Мисалалъе, улкаялдаса исана ихдал ватIаналда цебе тIадаб налъи тIубазе ине вуго 134000 чи.

  Араб хасалихъе республикаялдаса армиялде ахIарав 3000-ялдасаги цIикIкIун чиясда гьоркьов 2000 чи вукIана кинаб бугониги махщел щварав ва гьединго гьоркьохъеб ва тIадегIанаб лъай бугел. Исанаги нижеца мугъчIвай гьабизе буго гьединабго къагIидаялде. Автомобиль бачине ихтияр кьолеб документ щварал ялъуни цогидаб махщалие куцарав гIолохъанчи цIикIкIун хIажат вуго жакъа армиялъе, — йилан абуна Даитбег МустIафаевас.

   Нилъер республикаялдаса армиялде ахIарал гIолохъабаз хъулухъ тIубазе буго улкаялъул киналгоязде гIагарун рагъулал частазда. Мисалалъе, гьел кколин Росгвардиялъул, МЧСалъул ва цогидалги рагъулаб аскаралъул бутIабиян бицана гьес.

   Даитбег МустIафаевасул рагIабазда рекъон, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, щибаб шагьаралда ва гьединго муниципалитеталда гIуцIун руго армиялде гIолохъаби ахIиялъул комиссиял. Гьезда гъорлъ вукIине вуго 10 жамгIияв хIаракатчиги. Рагъулаб хъулухъ тIубазе гIолохъаби ритIиялъул тадбир букIине бугин киназего рагьараб, гьединлъидал армиялде вас унел эбел-инсул, гьединго гIага-божаразулги изну бугин гьел комиссиязда гъорлъ гIахьаллъи гьабизеян абуна рагъулав комиссарас.

  — Мисалалъе, армиялде ахIарав гIолохъанчиясул живго гIумру гьабун вугеб мухъалъул рагъулаб комиссариаталда хурхун кинаб бугониги суал баккани, гьесул ихтияр буго республикаялъул гIолохъаби армиялде ритIулеб комиссиялде гIарза хъвазе. Гьеб комиссиялъе нухмалъи гьабулеб буго Сергей Меликовас. Гьединлъидал гьенибе бачIараб цониги гIарзаялъул хал гьабичIого тезе гьечIо, — ян абуна Д. МустIафаевас.

 

 Улбузул ракI бохизабулеб хабар

 

   Армиялде гIолохъаби ахIулел киналго пунктал хIажатабщиналдалъун хьезарун ругин бицана гьес. Щивав гIолохъанчиясул хал гьабизе буго коронавирусалъул инфекция гьесде щун бугищ яги гьечIищали. Гьединго гьев хьезавизе вуго рагъулаб ратIлидалъун ва нухда кодоб хIажатаб квен-тIехалдалъун.

    — Хас гьабун дие жакъа абизе бокьун буго, исана ихдал республикаялдаса армиялде ахIулел гIолилазул цониги чи витIизе гьечIо Луганскиялда, Донецкиялда ва гьединго Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьалъизе. Армиялде ине гIураб ригьалде вахарав вас рокъов вугей эбелалъе гьабсагIат батулеб ургъел дида лъала. Гьединал улбузул ракI гIодобе биччазе, цоги нухалда такрар гьабулеб буго, рагъулаб хъулухъ тIубазе ахIарал гIолилал гьенире ритIизе гьечIо. Гьединго гьенире ритIизе гьечIо армиялда хъулухъги тIубан (запасалда — авт.) рокъор ругел чагIиги. 

Украинаялда гьабсагIат руго гIицIго контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубалел чагIи, — ян абуна МустIафаевас.

    Кин бугониги, гьеб суал кIиа­бизеги борхизе ккана гьес пресс-конференциялда. Дагъистаналдаса армиялде ахIарал гIолохъаби Украинаял­де ритIун ругилан хабар баккун букIанин, гьеб уяб жо букIанищан цIехана рагъулав комиссарасда «Дагестанская правда» газеталъул журналистас.

Жиндихъе гьединал баянал щвечIин, духъ мухIканал, кьучIал баянал ратани, гьел жиндаги рихьизареян жаваб кьуна Даитбег МустIафаевас.

— У, букIана хабар Украинаялде гьединал гIолохъаби ритIун ругилан. Амма хас гьабун нилъер респубикаялдаса рукIанин гьелин букIинчIо гьениб хъван. Югалъулаб федералияб округалда рагъулаб хъулухъ тIубалел гIолохъаби, командирзабазул тасамахIлъи сабаблъун ккун ратана гьенире (Украинаялде). Гьеб хIужаялда сверухъ хIалтIи гьабуна ва гIайиб ккаразе гIадлуги гьабизе батила, — ян абуна рагъулав комиссарас.

   Жидеего бокьун Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциял­де ине бокьарал чагIи гIемер ругищилан гьикъана гьесда пресс-конференциялда.

— Гьединал чагIи гIезегIан руго, амма гьелъул магIна кколаро бокьанщинав чи гьениве витIулин абураб. ТIаса рищун, хасаб комиссияги гIуцIун, халги гьабун гурони гьениве чи витIуларо. ХIал гьабунги гьениве щивго витIуларо. Бокьун батани чиясе дунялалъе хIинкъи бугел нацисталгун къеркьезе, гьесие нух рагьараб буго. ВачIа военкоматалдеги, бихьизабе дурго хIадурлъиги. Комиссиялъ халги гьабун гьев ритIухъ гьавуни, кIиго-лъабго къоялда жанив гьев витIула жиндиего ине бокьараб бакIалде. Амма цоги нухалъ абила, цевеккарав чи гьениве витIуларо, — ян абуна рагъулав коммиссарас.

Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса, армиялдаса лъутанхъизе бокьарал гIолохъаби цIикIкIанищиланги гьикъана журналистаз гьесда.

  — Лъутанхъулезул къадар цIикIкIинчIо, армиялде гIолохъаби ахIиялъул тадбир гьанжего гьанже­лъидал байбихьараб. Дида ккола лъутарухъаби гIемерал рукIинарилан. Нилъер гьедин хехго яхI рехулел, ккараб къо борхуларел гIолохъаби гьечIо. Рагъулаб хъулухъ тIубазе ине бокьарал чагIи гIемер руго республикаялда, — ян абуна ДРялъул рагъулав комиссарас.

 

ГIолохъабазулъ иман буголъи лъалаго цIикIкIана

 

   Чанго соналъ цебеги гIемер ахIи-хIур бахъарал хIужаби рукIана, рагъулаб хъулухъ тIубазе арал бакIазда нилъер гIолохъабаз рекъечIел ишал гьариялъул. Жидедасаго загIипал, данде квер борхизе кIоларел гIолилал инжит гьариялъул бицунел гIемерал хIужаби рукIана социалиял гьиназда. Гьелъул рахъалъ гьабсагIаталда иш кин бугебин гьикъидал, Даитбег МустIафаевас гьадинаб жаваб кьуна:

   — Цебе букIаралде дандеккун гIемерго лъикI буго. Нилъер гIолохъабаз хъулухъ гьабулел бакIаздаса командирзабаз рачIунел кагъталги лъикIал, цебеялда дандеккун гьел разиял руго. Бахчиларо, камулел гьечIо цо-цо тIасан рорчIарал хIужабиги. Кверда килщалги ращадал гьечIелъул, кинабго рахъ тIокIкIарал гIолохъаби рукIунарелго гIадин, камулел гьечIо эбел-инсул гIадлу щвечIел цо-цо гIолилалги. Амма гьединал дагь руго.

  ТIаса рищун, хасаб махщалие куцарал, автомобиль бачине лъалел ва тIадегIанаб лъай бугел гIолохъаби гурони армиялде ахIулел гьечIелдаса чанго сон буго нилъер республикаялда. Сундениги махщел гьечIев, «хIокI гIадин вакъварав» игит гIемерисеб нухалъ нахъчIвалев вуго рагъулаб комиссариаталъ. Гьединаб къагIида хIалтIизаби кигIанасеб къадаралъин битIараблъун батарабин гьикъана журналистаз Д. МустIафаевасда.

   — Гьеб къагIидаялъ бачIинахъего бихьизабуна жиб ритIухъаб букIин. Щайин абуни, жакъасеб Россиялъул армия буго цIиял технологияздаса гIуцIараб, гьениб буго гIемераб цIияб техника. Гьелъул цIикIкIарасеб бутIа буго бичIчIизе захIматаб, лъикIаб лъайги гьунарги къваригIунеб. Гьединлъидал жакъасеб армиялда ву­кIине ккола тIадегIанаб лъайги бугев, автомобильги бачине лъалев, ру­гъунги бухьун бажарулев, хIасил-калам — бокьараб махщалие ярагьунев солдат хIажат вуго Россиялъул армиялъе. Гьеб гIиллаялдалъун букIана цIалун рахъарал гIолохъаби гурони армиялде ахIулел рукIинчIеб, — ин абуна республикаялъул рагъулав комиссарас.

Ашахан Юсупов