Санкциялги «ДОФги»

 

     «ХIакъикъаталъул» цебесеб номералда бицун букIана республикаялъул хьитазул устарзабазул Ассоциациялъул вакилзабигун ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов дандчIваялъул хIакъалъулъ.

   Гьелъие гIиллалъун ккана къватIисел улкабаз Россиялъе лъазарурал санкциязул хIасилалда нилъехъе бачIунеб къайи дагьлъизехъин букIинги. Гьединлъидал нилъерго гьаниб гьабун бажарулеб къайи къватIибе биччазениги бигьалъаби гьареян ахIи балеб буго цоцо махщелчагIаз.

    Гьединазул цояв ккола «ДОФалъул» (Дагестанская обувная фабрика) директор ва бетIергьан Фейсал ГIалишаев.

    — Микьгониги сон буго «ДОФ» абураб брендгун нижецаго гьарурал хьитал Россиялъул регионаз- да гуребги, СНГялъул улкабаздаги ричулелдаса. Гьездаго релълъун, гьебго мугьруги чIван, Китаялъ Казахстаналдецин рачIун ратана гьел ричизе. Санкциял лъазариялдалъун гьоркьоб къотIана къватIисел улкабаздаса нижее бачIунеб букIараб къайи. Хьитал гьаризе къваригIуна гьеб. Гьелда бан баккана цойги масъала. ЧIун хутIун фабрикабигун, хIалтIудаса махIрумлъизе бегьула гIезегIан гIадамал. Дагъистаналда гьезул гIаммаб къадар бахуна 10 азарго чиясде. Амма кигIан нужее захIмалъулеб бугониги, гьел чагIи хIалтIудаса нахъе унгутIиялъе ресал ратейин, импорт гьабун бачIунеб гьеб къайиялда релълъараб къайи цоги бакIалдасан балагьеян гьарана нижеда гъоб дандчIваялда министр Низам Халиловас. Гьебго мурад нижерги буго. Амма кутакалда захIматаб суал буго гьеб. Масала, Европаялдаса бачIунеб букIараб сырьё нижеца гьанже Турциялде яги нилъее санкциял лъечIел цоги улкабаздеги бачIинабун, босулеб буго. Гьелдаго цадахъ чанцIулго бахинехъин буго гьелъул багьаги (50-80 проценталъ).

  Министрас рагIи кьуна лъагIалие цо процентги гъоркь ккун, къарз хIисабалда кьезе нижее пачалихъалъул гIарац балагьизе.

   Нижеца гьесда гьарулеб букIана цо-цо налогаздасаги эркен гьареян. Амма гьеб федералияб даражаялъул суал кколин жаваб кьуна, — ян бицана «ДОФалъул» директор Фейсал ГIалишаевас.