Эбелалъул ракI

 

    МахIачхъала шагьаралъул Семендералда гIумру гьабулей Мадинат Шахбулатовалъул вас Рамазан, МВДялъул хIалтIухъан, хасаб операция тIобитIулаго лъукъун вукIана. Амма, талихIалъ, гьев чIаго хутIана ва пенсиялде ана. Вас чIаго хутIани, бесдал лъимал хьихьизе рачинин абураб рагIи кьун букIана эбелалъ ва, кьураб рагIиги ккун, хьихьизе бесдал лъимал рачине къватIие яхъана.

 

    Астраханалъул бесдалазул рокъоса вачана лъабго вас. ГIемер заман иналде, кIиабизеги сапар бухьана гьелъ гьенибего. Жакъа гьелъул тIалабалда буго микьго лъимер. Бищун гьитIинав Баширил буго 7 сон.

8 марталъул хIурматалда, Мадинатида байрам баркизе вачIарав шагьаралъул нухмалъулев Салман Дадаев виххун хутIана -микьабго лъимада лъалеб бугоан магIарул мацI.

    Нуж кисайин цIехедал, гьез жавабги кьуна Дарада-Мурадасайилан абун. Гьел лъималазги Мадинатида бабайилан гурони абуларо.

   Гьел лъимал руго сакъатлъи бугел, ва гьезие хъулухъ гьабиялъе кьолеб буго Мадинатица тIолабго гIумруги.

   Гьединаб рагIал гьечIеб ралъад гIадаб жо буго эбелалъул ракI.

    Зайнаб ГIалимирзаева