23 дагъистаниялъе кьуна цIарал ва шапакъатал

    Руччабазул къоги баркун, 23 дагъистаниялъе пачалихъиял ша­пакъатал кьуна ДРялъул бетIер Сергей Меликовас.

    «Эбелалъул Орден» щвана анцIго лъимадул эбел, Гъизляралдаса Разият ГIамиргIалиевалъе, «Багьадураб захIматалъе гIоло» медаль кьуна ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъе.

    ДРялъул мустахIикъай учительлъун яхъана Гъ. ГъалбацIовасул цIаралда бугеб бекьечIдерил ГIарада хъутаналъул школалъул директор Бика МахIмудова.

    Мисалияв вас гIезавуралъухъ Сергей Меликовас баркала кьуна цIерги тIун, хIориний гъанкъизехъин йикIарай яс хвасар гьавурав Хунзахъ районалъул ГIоротIаса Абубакар Расуловасул эбел ПатIиматие.

    Гьаб захIматаб заманалда медицинаялъул бугеб кIварги хIисабалде босун, Меликовас шапакъатаздалъун кIодо гьаруна цо-цо тохтурзабиги. Масала, МахIачхъалаялъул лъимал гьарулеб тIоцебесеб больницаялъул бетIерай тохтур Земфира ХIажиева.