СагIудияз нилъер урба беццана

 

 

Украинаялда Россиялъ рагъулал тадбирал тIоритIиялда дандечIун, бакътIерхьул улкабаз санкциязул цIад базабулеб буго нилъер пачалихъалде.

 

  Масала, BoeIng самолетал хIадурулеб фирмаялъ лъазабуна са- молетал гьарулелъул хIажалъулеб батIи-батIияб къайи-цIа жидеца Россиялде битIизе гьечIилан.

Автомобилал гьарулеб Ford ком- паниялъ лъазабуна Россиялда жи- дерго хIаракатчилъи чIезе танилан.

Россиялда хIалтIулел рукIарал къватIисел пачалихъаздаса спортивиял тайпабазул цо-цо тренераз, къотIи-къаялги хвезарун, нилъер гьанир хIалтIизе инкар гьабуна.

American Express абураб гIарцуда хурхарал операциял гьарулеб компаниялъ хвезаруна Россиялдаса партнеразулгун рукIарал хIалтIулал гьоркьорлъаби

Гьелдаго цадахъ гъурщил багьа- ги учузлъана. Гьелъул хIасилалда цо-цо къайи хиралъана. Мисала­ лъе, Apple жиндирго къайи-цIагун Россиялъул базаралдаса нахъе ана.

«АвтоВАЗалъ» лъазабуна автомобилал щуго проценталъ хиралъанин. Мисалалъе, Лада-Веста маркаялъул машинадул багьа бахана миллионгун 331 азарго гъурщиде.

 

    Кванил нигIматазул багьаби жеги чIун руго. Амма МахIач­ хъалаялъул оптовиял багьабазда хIалтIулел ричарухъабаз бицана гьенибги цо-цо жо хиралъизе байбихьанин абун.

Амма гьеб киналдаго гьоркьоб цо лъикIаб хабарги буго.

    Маккаялъул Дармилгун Промышленнияб палатаялъ 75 сон тIубаялда хурхун гьал къоязда СагIудиязул ГIарабиялда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб выставка. Гьениб гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялдаса предпринимателазги.

   Гьенир рукIана нилъер халкъиял махщелчагIазул тIагIел-алатаздаса байбихьун, суратаздаса гIуцIараб фотовыставкаялде щун — гIемераб батIияб жо. ГIуцIун букIана нилъер миллияб квен-тIехалъул бечедаб тепсиги. Гьеб киналдаго гьоркьоб бищунго цIакъ тIаде бер цIалеблъун букIанин гьеб выставкаялда магIарул урбаян бицана тадбиралда гIахьаллъи гьабурал ракьцояз.

Ашахан Юсупов