ТIири ургъел гьечIо харбазул

 

  Жив Южно-Сухокумск шагьаралъул администрациялъул бетIерасул заместительлъун тIамунин, жинде гьабураб божилъиялъухъ баркалайин хъвана Инстаграмалда жамгIияв хIаракатчи Булач ЧIанкIалаевас.

 

  ГIахьвахъ районалъул Ингердахъа гьев гIолохъанчи гIезегIан лъикI лъала республикаялда, хасго МахIачхъалаялда. Булачил лъайхъваял руго батIи-батIияб заманалда хъулухъазда, политикаялъулъ, спорталъулъ ва жамгIияб гIумрудулъ рукIаралги ругелги гIадамазулгун. РахIму-цIобалъул, экологиялъул тадбиразулъги бищун цеве ватула гьев.

МахIачхъалаялъул мэр вищулеб мехалда гьеб хъулухъалде кандидатураги лъун букIана ЧIанкIалаевас.

   МухIканго гьелъул хIакъалъулъ ургъунго бицунеб буго, щайин абуни, Южно-Сухокумск шагьаралъул администрациялъул бетIерасул заместительлъун тIамунин гьес Инстаграмалда хъван хадуб интернеталдасан кутакал гьужумал гьаруна цо-цо чагIаз.

   Гьез хъвалеб букIана цониги идараялъе нухмалъийищин Булачица гьабураб, гьединаб хIалтIул хIалбихьийищин гьесул бугебилан абун. Цогидаз жаваб кьолеб букIана ахираб 20-30 соналъ тIадегIанал хъулухъазда гIадамал бечедаб хIалбихьиги букIунищин толел рукIарал, гьедигIанго цIакъ нуж ЧIанкIалаевасде тIаделъизе.

  Лъабабилез махсара гьабулеб букIана гьелейинха, Булач сабаблъун лъанин жидеда Дагъистаналда Южно-Сухокумск абураб шагьар бугеблъиго. Гьединлъидал Булачица гIезегIан ахIи-хIурги бахъинабилин гьелда сверухъ, шагьаралъул масъалабазде цIикIкIун кIварги буссинабилин абулеб буго гьез.

  Цогидаздаса рикIкIадегIан кколеб букIиналъищали, унго-унголъунги Южно-Сухокумск гьедигIан гIемер рехсоларо республикаялъул жамгIиябгун политикияб гIумрудулъ.

Шагьарлъун гьеб лъазабуна 1988 соналъул 10 марталда ДАССР Верховный Советалъул Президиумалъ гьабураб хIукмуялдалъун. Гьелде щвезегIан гьеб рикIкIунаан нартихъабазул посёлоклъун. Гьелъие кьучI лъуна 1958 соналда.

ГьабсагIаталда Южно-Сухокумскиялда гIумру гьабулел гIадамазул къадаралъухъ балагьун, гьениб 48 процент буго магIарулазул, 21 – даргиязул, 12 – лезгиязул, 9 – тумазул, 3 – лъарагIазул, 3 – гIурусазул, 4 процент – цогидал миллатазул.

Гьенир руго Юрий Гагариниегун Расул ХIамзатовасе (2008 соналда) лъурал памятникалги.

Южно-Сухокумскиялъул цIар бахъидал, гIемерисезда ракIалде щола цо заманалда гьенив мэрлъун вукIарав, гьанже ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун кколев ЧIарада районалдаса Эсенбулат МухIамадов.

Гьединго «Хевел» компаниялъул къокъаялъ Южно-Сухокумскиялда байбихьана бакъудалъун энергия кьолеб кIудияб станция (СЭС) базеги.

Гьеле гьединаб шагьаралъул мэрасул заместительлъун тIамун вуго Булач ЧIанкIалаев. Гьеб хъулухъалда гьесда тIадкъан руго социалияб сфераялъул суалал.

Гьесулгун гьадинаб гара-чIвариги ккана нижер.

 

 

— Булач, тIоцебесеб иргаялда, баркула дуда цIияб хъулухъ. КIиабизе бугони, гьеб дур хъулухъалъ цIакъ асар гьабулеб букIин бихьула интернеталдасан хъвадарулел чагIазе. Юридикияб лъайгун кинин дуца магIишатиял суалал тIуралелин абун хъвалеб буго гьез.

 

  — Дие гьабсагIаталда щибниги ургъел гьечIо интернеталда хъвалел ругел харбазул. Гьелда тIад хвезабизе заманги гьечIо. Дун гIураб шагьар МахIачхъала букIаниги, Южно-Сухокумскиялда хIалтIизе ракIалде ккана. БатIалъи щиб, гьабги нилъер шагьарлъидал. Балагьилаха, гьелъул масъалаби тIураялъе дихъа гьабизе бажарулеб жо щиб букIинебали.

Гьел хъвадарулел чагIиги ратила гьабизе жо тIагIарал. Дица гьезде гIайибги гьабуларо. Амма унго-унголъунги дун лъикI лъалел гIадамал рази руго гьеб хIукмуялда. БатIаго дие бадирчIваял гьаризе бегьуларин абулеб мехги гуро. ГIилла-мурадгун гьабулеб критикаялъе дун тIадеги вохарав вуго. Гьелъул кIудияб кумекги букIинаан. Гурони, зодоса росун гIайибал чIваялъул магIна щиб? Масала, цевеккун пачалихъияб идараялда хIалтIараб хIалбихьи гьечIин дирин абулеб рагIула гьез. Щай хIалтIуларев, хIалтIана Пенсиязул фондалдаги, «Запкаспрыбводалдаги», шагьаралъул администрациялдаги. Дун жамгIиял хIалтIабазда гьоркьов вихьулев вукIиналъ, гIицIго жамгIияв хIаракатчилъун чIун гурони, дица батIияб хъулухъ-пиша тIаде босизе бегьулариланищ кколеб бугебали. Лъаларо, дирго лъале-хъвалезда тIад цониги иш къан бугилан рагIани, дун ракI-ракIалъ вохула. Аллагьас хадубккунги гьесие квербакъагиян гьарула. Амма цо-цо гIадамал гьединал ратулел гьечIоха.

— Южно-Сухокумскиялда бищунго кIвар кьезе ккарал масъалаби кинал ругел?

  — Киналго шагьаразул аслиял масъалаби цого рукIуна – хасго рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишат рукIалиде ккезаби. Гьединго буго Южно-Сухокумскиялдаги. Абухъего, дида тIадкъан буго социалияб блок. КIвараб жо гьабила.

Гьумер хIадур гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.