«МеликовасгIан гIемер гIарац биччалароан «афгъаналъулазе»

 

 

   15 февралалда ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов дандчIвана республикаялъул «афгъаналъулалгун». Гьелъие гIиллалъун ккана 15 февраль советиял аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачараб къо букIин. Гьелдаса нахъе ана 33 сон.

 

    Гьеб дандчIваялда гьоркьоб лъураб аслияб лъабго суалалъул цояб букIана афгъаналъулазе жанир чIезе рукъзал къваригIун рукIин. Амма цересел соназда дандеккун, исана гIезегIан гIарац биччалеб бугин республикаялъулги федералиялги бюджетаздасанин бицана «ХIакъикъаталъе» МухIамад Хадулаевас. Гьев ккола «Российский Союз ветеранов Афганистана» абураб жамгIияб гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулев. ГIаммаб куцалда абуни, исана рукъзабазул сертификатал щвезе руго 249 «афгъаналъуласе».

    — ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас абуна «афгъаналъулазда» хурхун цониги суал букIине гьечIин тIубазе бажарулареб. Жидеца цIакъ кIвар кьезе бугин гьезде. Гьединго Сергей Меликовасде щвезегIан нилъер республикаялда гьанже гIадин гIемер гIарац биччан букIинчIо «афгъаналъулазе». Бищун щвани, 20-30 чиясе щолаан гьеб гIарац. Гъоркьиса абуни, 190 чиясе кьуна, исана 249- ясе щвезе буго, — ян бицана М. Хадулаевас.

    Гьесул рагIабазда рекъон, ДРялъул ЗахIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерствоялъул сияхIазда вуго жанир чIезе рукъзабазда хадур иргаялда чIарав 450 «афгъаналъулав».

         «ГIагараб заманалда жаниб гьезие киназего щвела гьел. 2005 соналъул 1 январалде щвезегIан иргаялда чIун рукIана гьел киналго. Амма руго жеги батIиял «афгъаналъулалги». СССР биххидал, цо-цо районаздагун шагьаразда ургъунго гьабун батаниги яги хъулухъчагIазул тасамахIлъиялъ батаниги, рилун руго гIемерисел «афгъаналъулазул» сияхIал. Гьединлъидал гьезул суал тIубазе буго судазул кумекалдалъун», — илан абуна Хадулаевас.

   Гьелдаго цадахъ жеги кIиго суалги гьоркьоб лъун букIана хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда – МахIачхъалаялда бугеб «афгъаналъулазул» парк цIи гьабиги гьезие сакъатлъи чIезабиялъул суал роцIинабиги. Масала, поликлиникабаздаги цогидал идарабаздаги хъулухъчагIи рикIаризе лъугьун, цо-цоязе захIмалъулеб буго жидерго сакъатлъи чIезабизе. Кир ва лъица гьединал пишаби гьарулелали бихьизе, чIванкъотIарал хIужаби ракIаризе руго «афгъаналъулаз».

    Хадулаевасул рагIабазда рекъон, гьез ДРялъул хIукуматалда гьарулеб букIун буго Афгъанистаналда васал чIварал, тIагIарал хъизамазе кумек хIисабалда моцIи-моцIие кIиазаазар гъурущниги биччаян. Гьелъул бакIалда 10000 гъурущ биччазе хIукму гьабунин бицана «афгъаналъулазул» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулес.