Налъи гIемерлъизе тоге

 

 

  «Газпром Газораспределение Махачкала» гIуцIиялъ хитIаб гьабулеб буго бухIараб газалъухъ жиндир заманалда гIарац кьезе хIаракат ба­хъеян.

  «КъваригIараб жо босизе тукаде ин ва гьединго рекIадухъ гIарац кьей гIадаб жо буго нужеца газалъухъ гIарац кьейги. Щибаб моцIрол анцIабилеб къоялдаса кватIизе течIого кьезе ккола», — ян абулеб буго гьезул хитIабалда.

  Жиндир заманалда ялъуни кIиго моцIидаса цIикIкIун заманалъ газалъухъ гIарац кьечIого тун батани, жидер ихтияр бугин гьев чи газалдаса махIрум гьавизеян абулеб буго гьез. Мисалалъе, руго цо-цо цIакъго чанкIкIарал гIадамалги, чанго моцIалъ кьечIого тун, 100 000 гъурщил налъи хадуб бугелги.