«Халатал» автобусал«хвасар» гьаруна

 

  МахIачхъалаялда №44 маршруталда ва гьединго Каспийск шагьаралде гIадамал раччулел автобусазул хIалтIи цIи гьабизе бугин лъазабуна хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановас. Хас гьабун гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъи тIобитIана хIукуматалъул минаялъуб.

  Гьелда цеве, республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул тIадкъайги тIубазабун, 5 январалда МПАТП-2 гIуцIиялде щун, гьенив хIалтIухъабазулгун гара-чIвари гьабуна ГI. ГIамирхановас. ТIаде налъиги ккун, ахирги банкроталде ккун букIана гьеб предприятие. Гьениве щун хадуб, кин-щибали цоцада дандги бан, хIукму ккана заманаялъ гьел автобусал ижараялъ ООО «Каспийское АТП» идараялъухъе кьезе.

  Гьаб анкьида жаниб кIиябго маршруталда автобусал хIалтIизе риччазе ругин лъазабуна премьер-министрас.

  Гьел автобусал республикаялде рачIана 2014 соналъул февралалда. Гьезул 20-яб МахIачхъалаялда жаниб ва 40-яб Каспийск-МахIачхъала маршруталда хIалтIизе риччан рукIана. Байбихьуда киналго разиги рукIана, учузаб багьаялде, МахIачхъалаялде ва гьениса тIад руссунги ине щолеб бугилан. Амма дагь- дагьккун гьезул хIалтIулъ гIунгутIаби загьирлъана. ГIемерисел автобусал хун, къачIачIого гаражалдаго чIун хутIун рукIана.