Гъанкъиладай глобализациялъ официалиял СМИял?

 

 

ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъул квербакъиялдалъун гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIараб СМИязул форум ахиралде щвана. Форумалда цадахъго «Тарки-Тау» абураб тIахьазул выставкаги, гьединго ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул пресс-конференцияги букIана гьениб. «ХIакъикъаталъул» цебесеб номералда кьун букIана гьелъул хIакъалъулъ баянги.

 

Казакалги хIакимзабиги

 

Гьаниб тIаде жубазе бегьила гьеб пресс-конференциялдаса цо-цо суалал ва жавабал. Масала, «Спросите у Расула» тг-каналалъул бетIергьан Расул Асадица гьикъана прессаялдехун кинаб бербалагьи бугебин, гьединго ДРялъул хIукуматалъе кинаб къимат кьолебин абун.

Меликовас жаваб кьуна битIараб информация кьолеб бугелдаса нахъе жиндие батIалъи букIунарин гьел СМИял пачалихъиял ругониги, хасаб бетIергьанлъиялдаги ругел ратаниги.    ДРялъул хIукуматалъе къиматги гьес цIияб соналдаса хадуб кьезе тана.

 ЖамгIияв хIаракатчи Булач ЧIанкIалаевас гьикъана казаказда хурхун ДРялъул законалъул проект бахъиялда тIасан Меликовасул пикру. Лъалеб букIахъе, дагьалъ цебе республикаялъул парламенталъул сессиялда депутатаз нахъчIвана гьеб проект.

Булач ЧIанкIалаевасул рагIабазда рекъон, казакал Дагъистаналда гьадинги лъицаниги къварид гьарулел гьечIо. Амма гьесда рагIун буго казаказул патрулал рукIине ругилан. Сергей Меликовги разилъана Дагъистаналда казаказул рахIатхвезабулеб хIужа гьечIолъиялъе, гьез жидерго культураги цебетIезабулеб букIиналъе.

«КинабгIаги масъала гьечIо гьелъул. Гьеб законалъ гIицIго тасдикъ гьарулел руго РФялда казачествоялда хурхун ругел федералиял позициял. Жакъа бугеб жо ккола цоцо депутатазда гьеб суал битIун бичIчIизабизе хIакимзабазухъа бажаричIолъи. Гьединлъидалин гьезда гьелъулъ цо хIинкъиги бихьараб», — ин абуна Меликовас.

 

Фейказул пандемия

Хадуб букIана Москваялдаса экспертазулгун регионалиял журналистазул гара-чIвари. Гьеб дандчIваялда рукIана мадугьалихъ ругел республикабаздаса ишцоялги.

 

Гьениб аслияб гара-чIвари ккана глобализациялъул, цифровияб дунялалъул заманалда хадур гъезе, гьеб бичIчIизе ккани, журналистаз щиб гьабизе кколебин абураб суалалда тIасан.

 

Гьеб рахъалъ жидерго хIал бихьиялъул хIакъалъулъ бицана ТАССалъул генералияв директорасул тIоцевесев заместитель Михаил Калмыковас, Интерфаксалъул генералияв директорасул тIоцевесев заместитель Михаил Кетькоца, «Российская газеталъул» бетIерав редакторасул тIоцевесев заместитель Михаил Чканиковас, ТАССалъул бетIерав редакторасул тIоцеесей заместитель Лана Самариналъ, МИИялъул бетIерав редакторасул заместитель Наталья Лосевалъ ва цогидаз.

«Молодёжь Дагестана» газеталъул бетIерав редактор Рамазан Ражабовас борхана зама-заманалдасан федералиял СМИяздасан кавказалъулазде гьулчулеб чороклъиялъулги рокьукълъиялъулги суал.

Гьесул рагIабазда рекъон, Олимпиялъул чемпионлъун вахъарав дагъистаниясул хIакъалъулъ гьез россиялъулавин, метроялъув вагъарасул рахъалъ дагъистаниявин хъвала. Гьелъул магIна щибин гьикъидал, Москваялдаса экспертал мукIурлъана гьеб ургъунго жидер сайтазде цIикIкIун чагIи раккиялъе гьабулеб жо букIиналъе.

Амма хадурккунги гьединал хIужаби нахъчIваялъе щиб гьабизе кколебали бицинчIо.

Официалияб данделъи лъугIун хадубги  нилъер журналистаз гIезегIан суалал кьолел рукIана гьезие.

Гьединго гIемерисезе цIакъ пашманаб асар гьабуна Наталья Лосевалъул хабаралъ. Гьелъ бицана фейказда данде рагъ баялъул ва виртуалияб дунялалда гъорлъе лъугьун араб нилъер гIун бачIунеб гIел хвасар гьабизе хIажат букIиналъул хIакъалъулъ.

Жакъа фейказул гIемерлъиялъ тIубан пандемия гIадаб жо лъугьун буго сверухъ. Бокьарав чиясда бугьтан лъоледухъ ургъараб яги цебе ккараб жоялда чи божизавулеб гьереси рехулеб буго интернеталде. ГIадамазги, хIакъикъат цIехечIого, це беса-цебе битIулеб буго гьеб.

Гьединго виртуалияб дуня лалъ гIадамазул пикраби хIабур гъинарулел рукIиналъе жеги мисалал рачана Лосевалъ. Гьелъ экраналдасан йихьизаюна дунялалда бищун гIемер подписчикал ругей блогер, чамалиго миллион доллар багьа бугеб горде, 1,4 миллион долларалде бичулеб гIадатияб нус. Гьеб гордеги нусги босизе ирга щоларого, цоцаца чIваялде ккун рукIунила интернеталда гIолилал. Амма бищунго тату хвараб жо рагIула я гьей яс, яги горде, ялъуни гьеб нус хIакъикъаталда гьечIел жал рукIин. Гьел кколила гIицIго экраналда лъурал суратал.

«Гьеле гьеб бакIалде ккун буго жакъа дунял – гьечIеб жоялда чи божизавулеб бакIалде. Информация тIибитIизабулел ресурсал журналистазухъа гьанже цогидаз нахъе росун рукIаниги, бетIер сверизабураб аудитория хвасар гьаби нилъеда тIадаб буго. Информация тIибитIизабиялдасаги кIвар бугеб суал ккола гьеб», — ин кIалъана Наталья Лосева.

Форумалда бицана миллияб прессаялъулги.

СМИязул форумалда ва жакъа къоялда информация тIибитIизабулел алатазда сверухъ лъугьараб ахIвалхIалалда тIасан «ХIакъикъаталъе» гьадинал пикраби загьир гьаруна цоцо журналистаз.

 

МухIамад МухIамадов, «Дагъистан» РИАялъул директор:

 

— Жакъа Кавказалда жаниб Дагъистан буго бищунго миллатал гIемераб ва гьел миллатазул мацIазда газетал риччалеб республика. Россиялъул цогидал регионазда риччалел газетазда дандеккун, нилъер гьанир риччалел миллиял газетазул кIварги гьез билълъанхъизабулеб информациялъулаб политикаялъул асарги гIемерго цIикIкIараб буго. Гьединлъидал цогидал регионаздасагун республикабаздаса гьеб форумалде рачIарал гьалбадерие къваригIун букIана нилъеца щиб гьабулеб бугебали бихьизе (нилъер гьанисан щвараб лъайги хIалбихьиги хадубккун жидерго доба хIалтIизабизе букIине).

ГьабсагIаталда гIемерлъун руго СМИязул масъалаби. ГIадамаз цIалулел гьечIо жидерго мацIазда риччалел газетал. ЦIикIкIун босулеб буго гIурус мацI. КигIан церетIурал технологиязул заман XXI гIасру бугониги, нилъерго кьибилалдаса тIечIого, миллиял мацIаздаги интернеталдасан хъвадаризе бегьулеблъи бихьизабизе рес кьола гьединал форумаз. Нилъеца чара гьечIого цIунизе ккола рахьдал мацI.

Гьединго форумалде рачIарал ТАССалъул, Интерфаксалъул, «Российская газеталъул» вакилзаби сабаблъун жидерго лъай гъварид гьабизеги рес ккана журналистазе. Жакъа къоялда информация тIибитIизабизе пайда босулел, цIираккарал къагIидабазул хIакъалъулъ бицана гьез.

ГьабсагIаталда журналистал, ай хIалтIулел журналистал, ракъу н хутIулеб заман гьечIо. Грантаз далъун кумекги гьабулеб буго хIукуматалъ.

— МухIамад, глобализациялъул заманги тIаде щун бугелъул, гIисинал миллатазул мацIазда рахъулел, СМИял цIунизе бажариладай?

 

— Форум байбихьун тIоцебесеб къоялъ РИА-Новостазул вакилгун цадахъ шагьаралдасан унев вукIана дун. Нилъер гIадамалгун гарачIварун, гьединго цогидалгун гьел кIалъалеб, хьвада-чIвадулеб, кваналеб, хIухьбахъулеб къагIида бихьун хадуб гьелъ абуна Дагъистаналъе жеги глобализациялъ гьедигIан асар гьабун гьечIилан. Кин букIаниги, нилъеца жеги цIунун хутIун бугелъулха умумузул ретIел-кунги, квенги, кечI-бакъанги. Улкаялъул даражаялда босани, гьанже гIемерисез KFC, Макдоналдс тIаса рищулел ругелъулха. ГIурус культураялдасаги цIикIкIун асар гьабулеб буго жакъа бакътIерхьул рахъалъул культураялъ: нилъеца ретIунел руго ингилисазул костюмал, кваналеб буго Америкаялъул квен, нилъ гIенеккулел

Гъанкъиладай руго Италиялъулгун Франциялъул кучIдузухъ. Гьеб киналдаго гьоркьосан нилъерго умумузул хаслъи цIунизе хIаракат бахъулеб нилъер халкъалъе баркала буго. ХIабибица дунялалда гьагъаб цохIо магIарул тIагъур бихьизабигицин кIудияб иш гьабуна. Гьединал гIолохъабазеги кIудияб баркала. Жакъа нилъеда цебечIараб масъала буго дунялалда нилъерго, Дагъистаналъул бакI бати. Нилъер руго цIакъ речIчIа-регIарал, иш бажарулел гIолохъаби. Гьелдаго цадахъ цIикIкIун цIалдезеги ккела гьел, жал кир ратаниги – Европаялда, Америкаялда, Россиялда яги Дагъистаналда. Гьеб лъайги Дагъистаналъе пайдаялъе хIалтIизабизе ккела.

 

Рамазан Ражабов, «Молодёжь Дагестана» газеталъул бетIерав редактор:

— Гьеб форумалдаса пайдаги босун, нилъер рес буго цо-цо масъалаби улкаялъул даражаялда рорхизе.

ТIоцебесеб суал – цо-цо ми ллатчагIаз кавказалъулаздехун бихьизабулеб лъикIаб гуреб бербалагьи федералиял СМИязги загьир гьабулеб буго. Гьеб гьедин букIиналъе Москваялдаса экспертал жалгоги мукIурлъидалха гьелда тIасан бал битIун дица жидее суал кьураб мехалда. Гьединал материалал лъуни, сайтазде раккулел чагIиги гIемерлъулин, гьелъ гъозул информалатазе рекламаги гьабулин жаваб кьуна экспертаз. Гьеб жоялъ иш миллатазда гьоркьоб рокьукълъи бижиялде бачунин, гьединлъидал гьелъие гIайибиял гIадамал тамихIалдеги цIазе кколин тIадеги жубана гьез. МахIачхъалаялда форум тIобитIунилан Москваялда хъата-масан гьел миллатчагIазе гIадлу гьабизе байбихьуларо. Амма нилъеца тIокIалъ чIечIого добаги-гьанибги гьелъул бицунеб, хъвалеб, ахIи балеб бугони, ахир-къадги лъим жиндирго рахънибе буссунеб гIадин, гьеб суалалда хурхунги щиб букIаниги ургъизе бегьула.

КIиабилеб суал – журналистикаялда гъорлъ вугев чиясе дагьабниги жиндирго лъай бечед гьабизе къваригIун букIун батани, гьелъие ресал рукIана форумалда (мастерклассал, лекциял).

Лъабабилеб рахъги буго гьеб форумалъул – улкаялда машгьурал медиа-менеджеразулгун лъай-хъваял гьаризе букIараб рес. Гьедин, масала, «Российская газеталъул» бетIерав редакторасул заместитель Михаил Чканиковас, дида аскIовеги вачIун, абуна рачIайин цадахъ рекъон хIалтIизе, нужеца жидер материалаздаса пайда босизеги бегьулин.

 

МухIамад МахIатIилов, «Дагъистан» РГВКялъул генералияй директоралъул заместитель:

— Форум тIобитIулеб бакIалда нижеца гIуцIун букIана нижерго телеканалалъул гьитIинабго студия гIадаб бакI. Гьениб гIадамазда цIехана форумалда тIасан гьезул пикраби. Гьединго нижецагоги бицана нилъерго ва Москваялдаса рачIарал журналистазе республикаялъул телевидениялъул хIалтIи лъикIаб рахъалдехун хисиялъе гIоло РГВКялъ гьарулел ругел хиса-басиязул хIакъалъулъ. Нижеца хисун буго телеканалалъул гIаламатги, ургъулел руго цIи-цIиял передачабигун проекталги. Гьаб заман кутакалда хехго хисулеб буго, гьединлъидал кIвар буго цIиял технологиязда хадур гъезе, гIадамазе хIажатаб пикру битIун къватIибе кьезе. 

 

Нилъер республикаялъул хIакъалъулъ федералияб СМИяздасан квеш бицунеб букIиналъулги хабар ккана гьаниб. Амма киназдегоги гIайиб гьабизе бегьуларо. Гьури чIвачIого гIучI багъаруларин абухъе, цо-цо мехалъ нилъеразухъаги ккола гьединал санагIат гьечIел жал. ТIадежоялъе гьанжеялдаса анцIгогIан соналъ цебеги республикаялда беццилеб хIал букIинчIелъул: къойилго гIадин чIвалел гIадамалги, гьарулел кьвагьиялги.

Гьединлъидал гьанже нилъеда, Да гъистаналъул журналистазда, тIа даб буго умумузул гIадатал, унгоунгоял дагъистаниязул цоцаздехунги гьалбадеридехунги букIунеб недегьаб бербалагьи, республикаялъул жакъасеб гIумру бихьизабун, хIакъикъияб Дагъистаналъул сурат бахъизе. Гьеб рахъалъ нилъее туристазги квербакъулеб буго. Чан турист гьаниве вачIунев вугев ахираб заманалда. Дагъистаналъ жидее гьабураб хинаб асаралъул хIакъалъулъ бицунебго бицунеб буго гьез интернеталдасан. 

 

 Расул Асад, «Спросите у Расула» абураб тг-каналалъул бетIергьан:

 

Гьаб щай хъвач1еб доб щай хъвараб абун, дидехун пачалихъалъул рахъалдасан лъилниги тIадкIалъай букIинчIо гьаб тг-канал гIуцIаралдаса нахъе. РукIуна гIисибикъинал малъа-хъваял, яги гьаб жо гьадин кьуни лъикI ккелилан абулел чагIи. Гьединлъидал цогидал регионазда дандеккун, нилъер республикаялда рагIуе эркенлъиялъе квалквалал гьаруларин рикIкIуна дица. Гьаниб форумалдаги бицана, къойилго нилъеда бихьулебги буго -кагътида рахъарал газет-журналал, хасго пачалихъиял СМИял дагь-дагьккун гъанкъулел руго интернеталъ. Гьез кьолеб информация кватIулеб буго. ГIемерисел чагIи лъугьун руго блогераллъун. Гьевго чи ккола дунги. Официалиял СМИязул журналистаз гурони, блогераз кинабгIаги жавабчилъиги тIаде босуларин, кодобе щвараб информация хъата-масан интернеталда лъун гурониян абураб пикру буго цо-цоязул. Амма дица чанго чиясда гьикъула, цIехола гьелъул хIакъикъат. Дирго ракIчIараб мехалда гурони Телеграммалдаги лъоларо. Дие информация кьолел чагIиги жакъа-сон лъарал чагIи гуро. Чанго соналъ церего лъай-хъвай, гьудул-гьалмагълъи бугел, батIи-батIияб хъулухъ-ишалъул гIадамал ккола. Пуланав чиясда хурхараб хабар къватIибе бачIани, тIоцебе живго гьев чиясулгун бухьен гьабула дица (гьалъул магIна щибилан гьикъизе). Гьез баян кьуни, тгялда лъелалде, гьесухъе жиндихъего хал гьабизеги битIула. Гьединго пуланав чиясе жиндирго цIар бахчизе къваригIун бугони, гьеб гьариги тIубазабула дица. ГIемерисезе бокьулеб гьечIо цIарал рехсезе, амма информация щвезе дие кумек гьабула.

 

— Мун журналистги гурелъул, гIадатияв блогер хIисабалда, дудаго гьел хъулухъчагIиги, политикалги, машгьурал гIадамалги божизаризе кин кIвараб?

 

— Гьезда бихьана дун лъилниги заказалда рекъон хIалтIуларевлъи, дун лъилниги торгIо кколев чи гуревлъи. Цо хIакимчияс дида абуна мун жидее санагIат гьечIев чи вугила, амма чороклъиги дулъ бихьичIилан. Гьединлъидал бачIун батила дидехун цогидазул божилъиги.

 

Шамил Ибрагьимов, журналист:

 

— Форумалъул хIасил гьабулеб ме халда информациялъулгун массовиял коммуникациязул министрас журналистазе бицана гьелъул магIна букIанин хIалтIул цIи-цIиял къагIидабазулгун нужер лъай-хъвай гьаби, улкаялда машгьурал экспертазухъ, медиа-менеджеразухъ гIенеккизе рес щвейилан.

 

Зульфия ХIАЖИЕВА