Ак-Гёлалде лъим бачIана

 

 

   Араб анкьалда МахIачхъалаялъул Редукторазул поселокалъул паркалда бугеб гIурус учительницаялъе бараб памятникалда цебе тIобитIана ччугIил ярмарка. Гьелдаго цадахъ Октябралъулаб революциялъул цIаралда бугеб каналалъусан, шагьаралъул къватIазда гъор- кьан ункъо километралъул манзилалда лъурал рогIразухъан Ак-Гёль хIоринибе биччана лъимги. Гьел лъугьа-бахъиназда бан тIобитIараб байрамалъул тадбиразда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бетIер С. Меликовасги. Каналалъуса бачараб лъеда цадахъго хIоринире риччана гIисинал багIарал ччугIби.

 

    Данделъиялда кIалъалаго, С. Меликовас абуна: «Лъим дагьлъун букIиналъ хIорил бакьулъ цо-цо бакIазда гIисинал чIинкIиллъаби лъугьун рукIана. ХIор сверухъ изну гьечIого рарал минабаз хIоринибе ракьулъан бачIунеб букIараб лъим къотIизабуна. Дица баркала загьир гьабулеб буго жиндир заманалда хIорил масъала борхарал ва тIалъиялъухъе гьеб щвезабурал жамгIиял церехъабазе. Хадубккун, судалъул хIукмуялдалъун, рагIалде бахъинабизе ккола, законги хвезабун, гьенир рарал минабазул суал ва чара гьечIого гьездаса эркен гьабизе ккола гьаб ракьги. Цинги, халкъалда дандги бан, хIаракат бахъила хIор сверун бугеб ракь къачIазеги», — ян.

    Дагъистаналъул бетIерас ХIурматалъул грамотаби кьуна хIорихъе лъим бахъиялъул проекталда гIахьаллъи гьабурал чагIазе. Гьелги ккола «Спасем Ак-Гель» абулеб жамгIияб советалъул нухмалъулев ГъазимухIамад ГIабдулаев, меценат Кирилл Дьяковский, «Дагъфлот» ОООялъул директор Константин Петров ва МахIачхъалаялъул Ленинский районалъул бетIер МухIамад Алхасов.

 

   Баркиялъул ва баркалаялъул кIалъаялгун цере рахъана Халкъияб Собраниялъул депутатал, ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев, районазул бутIрул. Гьез загьир гьабуна Ак-Гёль цIуниялъул мурадалда хIоринибе лъим биччаялдаса жидерго бугеб разилъи. РакIалде щвезабуна Октя- бралъул революциялъул цIаралда бугеб канал халкъалъ бахъаралдаса исана нусго сон тIубалеб букIинги.

   Байрамалъул хIурматалда тIобитIараб ччугIил ярмаркаялдаги гIахьаллъи гьабуна Сергей Меликовас, ва гьес хIалбихьана Гъизляр, Тарумовка, Хъумторхъала ва Лаваша районазул ччугIа гIезабулел предприятиязул ччугIил батIи-батIиял нигIматазул. ХIорил тарихалъул ва гьенибе лъим бачиналъе гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ нижее бицана Ак-Гёль хвасар гьабиялъул фондалъул генералияв директор ХI. ГIабдулаевас:

 — Цебе гьаб букIана Каспи ралъдал залив. ТIабигIаталъул хиса-баси ккеялдалъун, гьениб лъугьана салул чIва, тIагIана заливалъул гIорхъи ва лъугьана Ак-Гёль хIор. ЛъарагI мацIалдаса буссинабуни, гьелъул магIна ккола «ХъахIаб хIор» абураб. Ак-Гёль хIорил хIакъалъулъ тIоцебе хъвай-хъвагIай гьабун буго XVIII гIасруялда. Араб гIасруялъул 70-80-абилел соназда хIор лъугьун буго шагьаралъулазе хIухьбахъизе ва ччугIа кквезе бокьулеб бакIлъун. Ахираб къого соналда жаниб къачIана Ак-Гёлалъул сверухълъи. Гьайгьай, гьеб «бокьана» бакIал ралезеги. Байбихьана хIор сверухъ бугеб ракьалда бакIал разе, гьелъул рагIаллъиялде ракь базе, ай хIорил гIатIилъи дагь гьабизе.

 

     Ракьуда гъоркьан рачIунел лъинал къаялъул, гьава-бакъалъул хиса-баси ккеялъул ва ралъдалъ лъим дагьлъиялъул хIасилалда хIоринибги лъим дагьлъана. Гьеб ккола унго-унгояб экологияб балагь. Абизе бегьула, тIубанго хвезарун ругин хIоринир рукIарал ччугIбузул гIемерисел тай- пабиян. Хехал тадбираздалъун АкГёль хIор хвасар гьабизе ккеялъул суал борхана Ленинский районалъул нухмалъиялъ, жамгIияб советалъ, «Город наш» абураб жамгIияб идараялъ ва блогераз.

   ТIоцебесеб иргаялда, батизе кколеб букIана хIоринибе лъим бачIинабулеб инженерияб къагIида.

   Гьеб мурадалда хитIаб гьабуна лъел гIелму лъалел гIалимзаби хIалтIулел гIелмиял идарабазде. ХIукму гьабуна, лъагIалие 1,8-ялдаса кIиго миллион кубометр хIисаб гьабун, Октябралъул революциялъул каналалъуса хIоринибе лъим чвахизабизе. Гьеб проект рагIалде бахъинабизе гIуцIана «Фонд спасения озера АкГёль» абулеб коммерциялъулаб гуреб идара.

   Гьенибе лъим бачиналъе харж гьабизе кколаан 60 миллион гъурущ. Проекталъул гIемерисел хIалтIаби чIорого гьаруна М. А. ГIамирарслановасул ИПялъ ва «Салам» ОООялъ.

Проекталда унел харжал гьариялъулъ гIахьаллъана бизнесменал К. В. Дьяковский ва К. А. Петров. Лъим бачиналъе къваригIунеб къайи чIобого чIезабуна «Талгиспецстроялъ», «Трансстроялъ», проектниял ва инженериялгун геодезиял хIалтIаби чIорого тIуразаруна Р. ГI. ГIумахановасул ИПялъ.

 

    ТIоцебе Ак-Гёль хвасар гьабизе кке- ялъул суал борхана МахIачхъалаялъул Ленинский районалъул бетIер МухIмад Алхасовас. Гьесул бажариялдалъун гуребани, гьаб хIалтIи лъугьинароан. Гьеб ишалъе кIудияб кумек гьабуна Ленинский районалъул бетIерасул тIоцевесев заместитель Б. Бийбулатовасги, — ян.

 

Нури НУРИЕВ