Майнинг — цIогьалищ яги…

 

  «ЯхI гьечIел майнераз исана сон байбихьаралдаса Дагъистаналда бикъун буго токалъул 41 млн. кВт/ч. Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Гъуниб ГЭСалъ хIадурулеб электроэнергиялда бащадаб къадар ккола гьеб. Гьадингоги больницабаздегун ясли-ахазде, школазде кье­зе ток гIоларого ругеб мехалда, цо хасал чагIаз жидеего тIокI гьабулеб буго жамагIаталъул хазиналъун кколел ресурсал». Гьедин лъазабуна ТЭКалъул рахъалъ идарабазда гьоркьоб гIуцIараб комиссиялъул дан­делъиялда.

 

   МагIишат гьабиялъул цIияб къагIида баккун буго Дагъистанал­да. Гьелда цIарги ккола майнинг, ай токги бикъун, криптовалюта (элек­тронияб гIарац) гьабулеб къагIида. Гьеб ток бикъизе къайи-къоно лъу­раб бакIалдаги майнинг-фермайи­лан абула.

  Гьеб рахъалъ нилъер республи­ка СКФОялда тIоцебесеб бакIалде бачIун буго. Щайгурелъул иса­на араб анцIго моцIида жаниб тIатинабун буго МахIачхъалаялда, Сулейман-СтIал, Гъарабудагъкент, МухIарамкент, Буйнакск, Лаваша ва цогидал районазда лъураб 19 майнинг-ферма. Гьез бикъун буго 98 млн гъурщиде ток.

  Гьалщинал ГЭСал ругеб респу­бликаялда зама-заманалдасан ро­сабалъги шагьараздаги ток ссунеб къагIида бичIчIуларого рукIуна гIадамал. Майнинг-цIогьаз ток бикъулеб букIиналъул хIасил букIинеги рес буго гьеб.

  ЦIогь гьабиялъул цIияб къагIида бугелъул, Россиялда жеги рагIа-ракьанде щун ургъун гьечIо майнинг-чагIазе гьабулеб тамихI. Амма гьеб гьабизе бегьула ток бикъарал чагIазда тIад лъолеб гIакIа хIисабалда яги кIиго соналъ туснахъалда тIами гIадин.

  Чанго къоялъ цебе Шамилхъала­ялда батана рехун тараб бакIалда жаниб лъураб токалъул къайи. Ун­соколо райадминистрациялдаса щварал баяназда рекъон, гьеб бакI ккола майнинг-ферма. КъотIун руго гьенире рачун рукIарал то­калъул кваралги, гьединго гьелъул бетIергьан щивали лъазабизе гьа­булеб буго цIех-рехги.

  Гьединаб лъабго ферма Болъ­ихъ росдал рагIалдаги батана. Гьеб районалъул администра­циялдаса щварал баяназда рекъ­он, гьелъул бетIергьан Дахадаев районалдаса чи вукIиналда щак­лъи ккун буго цIех-рехчагIазул. Амма Болъихъаго чиясул ку­мек гьечIого, чияр районалдеги вачIун, жинцаго гьединаб цIогь гьабизе лъугьинароанин гьев абу­раб пикруги буго администраци­ялъул хIалтIухъабазул.

  «Энергосбыталъул» Болъихъ районалда бугеб отделалъул началь­ник Тулпар Рамазановас бицана Да­хадаев районалдаса чияс Болъихъ ижараялъе ракьги босун, цебе шла­коблокал гьарулел рукIараб цехал­да жанир лъун ратанила майнингал. Амма гьеб бакIалъул хважаинас абулеб бугила жинда гьеб лъаларо­анин абун. Гьениб бухIараб токалъухъ гIарацги босулеб букIун буго шлакоблокал режулеб мехалдаго гьениб лъураб счетчикалда рекъон.

   «Цо ферма хIалтIун буго ан­кьалъ. Гьениб бухIун батана 140 азарго гъурщиде ток. Лъабго къо­ялъ гурони хIалтIичIеб цогидаб фермаялда бухIун буго 36 азар­го гъурщиде ток. БитIун бицани, бухIараб токалъухъ гIарац кьолеб бугони, гьеб цIогьлъун рикIкIине бегьуларо. Нижее гIезегIан хайир щолев клиент ккола гьев. Амма ток бикъулеб бугони, гьеб батIияб жо буго. Бикъун батаниги, счетчикалъухъги хал гьабун, гьеб бецIизеги тIамулелъул гьел.

  Гьединго нижеда дандги бан лъолел ругони майнинг-фер­маби, гIадамаз гIумру гьабулел бакIаздаса рикIкIад лъеян абила­ан. Гурони, гьез токалъул кваразде хIалккезабизе бегьула. Жидерго фидерги трансформаторги лъуни, гьез хIалтIизабизе бегьула жидее­го къваригIарабгIан электроэнер­гия. Гьелъухъ энергетиказе лъикIаб гIарацги щола», -ян бицана Т. Ра­мазановас.

  «Россетазул» хIалтIухъабазги бицана майнинг-фермаби рагьулел чагIаз, пачалихъалъе букIине кко­леб магъалоги кьун, гьеб хIалтIи тIатун гьабулебани, бюджеталъе гIезегIан хайир ккелаанин абун.