25 соналъ ссудулеб ругъун

 

 

 16 ноябралда Каспийскиялда ракIалде щвезаруна теракталъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъарал гIадамал. Официалиял кIалъаял гьенир рукIинчIо. Теракт ккараб бакIалда бан бугеб мармаралъул сиялда цебе, кьер-кьерал чирахъалги ракун, тIугьдул лъуна ФСБялъул гIурхъаби цIунулеб управлениялъул Каспийскиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Андрей Карпенкоца ва ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас.

 

   1996 соналъул ноябралъул кватIараб сардилъ, Ленинил къотIноб бугеб гIемертIалаяб минаялъуб ккана вахIшияб кьвагьи. Гьеб тIатIала ккана. РакIгъанцIараб теракталъул хIасилалда къадаралде щвана 63 чи. Гьезда гьоркьор рукIана лъималги.

Аслияб къагIидаялъ гьеб минаялъур гIумру гьабун рукIана Каспийскиялъул гIорхъаби цIунулеб рагъулаб часталда хъулухъ гьабулел хъизамал. Цо-цо хъизамаздаса лъабго-ункъо чи чIваралги ккана гьенир.

 Елена Залова доб сордоялъ ятIалъана росасдаса ва лъабго васасдаса. Жийго гьей, Кисловодскиялъул санаториялда хIухьбахъулей йикIун, чIаго хутIана. Росги лъималги гьелда цадахъ рукIун руго. Анкьалъ цере ун руго гьел гIебеде. Школалда каникулал халат рахъинарун рагIулин, гьанирго теларищин лъималинги абун буго гьелъ росасда. Амма гьес гьел гIебеде рачун руго.

Каспийскиялда ккараб вахIшияб теракталъул хIакъалъулъ гьелда лъан буго телевизоралъ цIиял харбазул баян кьолеб мехалъ. ТIокIаб сундухъниги балагьичIого, гIебеде щварай гьелъул ахиралде щвезегIан хьул букIана росги лъималги чIаго ратиялда. Амма жеги гьезде тIаде ккечIин абула Еленада. Риххарал чIвадназда гъоркь тIоцеве ватула гьелъул кIудияв вас Геннадий. РекIеда хъвараб гIадин, эбелалда лъалеб букIуна бищун гьитIинав Олегги гьесда аскIов ватилин гьабсагIатилан. Щайгурелъул гIемерисеб мехалъ кIудияв васасда аскIове унев вукIун вуго гьитIинав Олег кьижизе. Гьеб сордоялъги гьединго ккун буго. Еленада ракIалде кковухъе аскIов ватула Олегги. Хадур тIаде ккола  росасде. Бищун ахиралда ватула гьоркьохъев вас Павел. Циндаго росасдасаги лъабго васасдасаги ятIалъарай эбелалъе захIмат букIана гIумру гьабизе. Чияр лъималазул аваданаб релъи, рекерулел гьезул хIатIил сас рагIизе цIакъ бокьулароанин жиндиейин мукIурлъана гьей. Еленада жиндиего хвасарлъи батана хIалтIулъ. Егун макьу щоларей гьелъ къаси-къаси кучIдул хъвазе байбихьун буго.

    25 соналъ цере кватIараб сардил гIужалъ абадияб рокъоре ана Анохиназул хъизамги: эменги лъабго васги. Эбел чIаго хутIана…

 

ХАДУРАГIИ

      1996 соналъул ноябрь моцIалъ Каспийскиялда ккараб теракталъул дандерижи гъугъана хадуб Москваялда, Волгодонскиялда ва гьединго 1999 соналъул сентябралда Буйнакскиялдаги. ГIемертIалаял минабазда гъоркь тротилги лъун, тIатIала ккарал бетоналъул къаназда гъоркь абадиялъе берал къанщана нус-нус чияс. Анлъго соналдасан, ай 2002 соналда цоги ракIгъанцIизабураб вахIшияб теракт ккана Каспийскиялда — 9 маялда, Бергьенлъиялъул Парад унеб за­ маналда шагьар бакьулъ чIвана 43 чи. Лъукъана 100-яв. Гьенирги рукIана гIисинал лъимал. Сакъатлъана гIемерав чи. Лъилъулареб ругъунги рекIелъ лъун, угьдилел тана чанго эбел, гIолохъанал лъудби, яцал, гIагарлъи. Ссудулел, рецIцIулел руго гьезул ругънал жеги-харги…

                   Ашахан ЮСУПОВ