Рокъосанго цIали букIине гьечIо

      Школлъимал рикIкIадасан цIалулеб низам лъазабизе гьечIин абуна ре­спубликаялъул бетIер Сергей Меликовас. Коронавирусалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицине, 10 ноябралда ахIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда абуна гьес гьедин. ЦIакъго рес къотIараб хIал ккани гурони рокъосанго лъимал цIалулеб низамалде рачIине гьечIо.

    Пандемиялда сверухъ ахIвал-хIал цIакъго гIорхъолъа борчIараб куцалда гьечIин бицана С. Меликовас.

 

      -Нилъер республика гьабсагIат буго ковидалъ унтаразул къадар бищун дагь бугел регионазда гьоркьоб. Гьелъ дагьаб парахалъи рещтIанин абизе бегьула. Амма нилъ цIодорго рукIине ккола. Унтаразул къадар, сахлъун больницаялдаса къватIире риччараздаса цIикIкIун бугелъул, -ин абуна бетIерас.

      Гьединго ДРялъул бетIерас данделъиялда абуна QR-кодалъул низам хIалтIизаби халат бахъине бугиланги. Гьеб код бихьун гурони, чIахIиял дармил рукъзабахъе ва гIемерал гIадамал ракIарарал бакIазде риччазе гьечIин лъазабун букIана октябрь моцIалъул ахиралдаго. Амма гIадамал рази гьечIо гьеб низам хIалтIизабулеб къагIидаялдаса. Данделъабазде ва цогидал бакIазде код бихьун гурони риччалел гьечIин, амма, миса­лалъе, бугIун цIураб маршруткаялда жаниб гьеб низам цIунулеб бугищ-гьечIищали хал гьабулев чиго вукIунарин хъвалеб буго гIемерисез социа­лиял гьиназда.