Рищиял тIуран хадуб тIаделъизин хIалтIуде

 

 

    Гьале тIубана дагъистанияз жидерго Конституциялъулаб борч — жигараб гIахьаллъи гьабуна 17, 18 ва 19 сентябралда тIоритIарал рищиязда. Гьелъул хIасилал гьаруна Дагъистаналъул избиркомалъул председатель МухIамад Дибировасул нухмалъиялда гъоркь 20 сентябралда тIобитIараб данделъиялда. Гьес бицана, Пачалихъияб Думаялде депутатазул рищиязда, бищунго цIикIкIун гьаркьалги щун, «Единая Россия» партия (81,18 %) тIоцебесеб бакIалде бачIанин. — КIиабилеб бакI ккуна КПРФалъ (6,20 %) ва лъабабилеб бакI щвана «Справедливая Россия» партиялъе (5,56 %).

   Северияб цо мандаталъулаб избирательнияб округалда Пачалихъияб Думаялде депутатазул рищиязда бергьана ГIабдулхIаким ХIажиев.

Гьесие щвана 84,87 процент гьаркьазул. Централияб цо мандаталъу- лаб избирательнияб округалда чIел босана 81,18 процент щварав Му- рад ХIажиевас.    

   Югалъулаб цо мандаталъулаб избирательнияб окру галда халкъалъул 73,31 проценталъ рахъккуна Жамалдин ХIасановасул.

   ДРялъул Халкъияб Собраниялде борчIана лъабго партия — бищунго цIикIкIун гьаркьал щварал «Единая Россия» (73,74 %), «Справедливая Россия» (12,71%) ва КПРФ (11,62 %), — ян абуна М. Дибировас.

    ЛДПРалъегун «Партия роста» гIуцIабазе Халкъияб Собраниялда депутатазул мандатал рихьизаризе гIураб къадаралда гьаркьал щвечIо.

Данделъиялда журналистаз кIвар буссинабуна цо-цо избирательниял участкабазда рукIарал законалда данде кколарел рахъазде. Мисалалъе, рехсана пуланаб ясли-ахалда избирательнияб участокалда гьаркьал кьолезул сияхIалда гьанжеялдаса лъабго-ункъо соналъ цеве гIумруялдаса ватIалъарав чиясул цIар батанилан. МухIамад Дибировасул рагIабазда рекъон, къадаралде щварал чагIазул цIар сияхIалдаса нахъе бахъула гьесул гIагарлъиялъ ЗАГСалдеги ун, гьев хванин лъаза- бурабго. Избирательнияб комиссиялъул хIалтIухъабазда балъголъи лъаларин кIалъана гьев.

    Данделъиялда кIвар буссинабуна ЦIияб Сивухъ росдал гIадамазул ккараб лъугьа­-бахъиналдеги. Жама­гIаталъул цо бутIаялъе къваригIун букIана жидерго гьаркьал Басрияб Сивухъ кьезе. Амма гьез гьеб Гумбет районалъул территориалияб ва росдал участкаялъулаб избирательниял комиссиязда лъазабун букIун гьечIо. Избиркомалъул председателас бицаралда рекъон, республикаялъул избирательнияб комиссиялъ ахIвал­-хIалги цIехон, гьел гIадамазе Басрияб Сивухъ гьаркьал кьезе изну кьуна. Амма бакIалда гIураб къадаралда бюллетенал ратичIолъиялда бан, гьел рищиязда гIахьаллъичIого хутIана. Гьединал хIужаби цере­ ккун дандчIван рукIинчIин ва хадуб хIисабалде росизе ругин абуна гьес.

    РФялъул Пачалихъияб Думаялде ва Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде депутатазул рищиял исана ана лъикIаб даражаялда, абизегIанасел гIадлу хварал хIужаби ккечIого, ахIи­-хIур бахъинчIого.

Дагъистаналъул ЖамгIияб па­латаялъул председатель ГIабдул­муъмин Ибрагьимовасул рагIабазда рекъон, гьес нухмалъи гьабулеб гIуцIиялда цебе бугеб рищиязда хадуб халкколеб централъ лъабабго къоялъ гьабуна кIудияб хIалтIи.

    ЖамгIияб палатаялъ рищиязда хадуб халкквезе ункъазарго чи вихьизавун вукIаниланги тIаде жубана гьес. Гьелде тIадеги, централъул вакилзабаз «Ростелекомалъул» минаялдаги чIун, видеокамераздасанги рищиязда хадуб гьоркьоса къотIи гьечIеб халкквей чIезабун букIана.

Рищиязда хадуб халкколеб жамгIияб централъул нухмалъулев Буниямин МухIамадовас бицана жидеда цебелъураб аслияб масъала гIадлу хварал ишал тIатинари ва хехго жавабиял идарабазда гьезул хIакъалъулъ лъазаби букIанилан. ­ 2016 соналда рукIаразда дандеккун исанасел рищиял гIемерго гIуцIадго ва лъикI ана. Территориалиял ва участковиял избирательниял комиссиязда абизегIанасел низам хвезабиялъул хIужаби ккечIо, ­ ян бицана гьес.

  Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде вищана 90 депутат. Гьезда гьоркьоса 69­яв ккола «Единая Рос- сия», 11­яв ­ «Справедливая Россия» ва 10­яв – КПРФялъул вакилзаби.

   Анкьабилеб ахIиялъул Халкъияб Собраниялъул депутатазул мухъилъ дагьлъана руччабазул къадар.

Цебесеб ахIиялъул Собраниялъул депутатазда гъорлъ рукIун ратани микьго чIужугIадан, гьанжесел рищиязда гьение ана гIицIго ункъо чIужугIадан.