ТIагIам — добго, багьа – учузаб

 

11 сентябралда, МахIачхъалаялда тIобитIана росдал магIишаталъул иргадулаб ярмарка. МоцIалъ цебе, 14 августалда гьеб­го бакIалда тIобитIаралда данде гьеб ана гIемерго тIадегIанаб да­ражаялда, республикаялъул ки­налго районаздаса 200-гIанасев магIишатчи гIахьаллъун. Гьаб нухалда гIемерго цIикIкIун букIана нигIматазул къадарги, хасго пихъил, гьанал, ччугIил. Гьезул цо-цоязул багьаби базаразда ру­гел хIисабалъул рукIаниги, гIемерисел рукIана 10-20 процен­талъ учузал.

     Ярмаркаялда гIахьаллъана ва киналъулго хIисаб-суал гьабуна ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас, росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр БатIал БатIаловас ва республикаялъулгун тахшагьаралъул идарабазул жава­биял хIалтIухъабаз.