Миллияб хаслъи ва инсанасул ихтиярал

 

 

 

Дагъистаналъул бетIерасул ва хIукуматалъул админи­страциялъул нухмалъуле­сул ишал тIуралев МахIач ГIумаровас гIахьаллъи гьабуна республикаялъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул сове­талъул данделъиялда. Гьениб кIварбуссинабуна умумуз аманат гьабун нилъехъе кьу­рал Дагъистаналъул милла­тазул гIадатал, мацIал, ма­даният, ай миллияб буголъи цIуниялда ва цебетIезабиялда сверухъ ругел гIунгутIабазде. КIалъазе вахъарав рехсараб советалъул председатель Зи­крула Ильясовас бицана ахи­раб заманалда миллатазул аслулъун кколел мацIалги, гIадаталги, адабият-маданият­ги дагь-дагьккун кIочон толел ругилан. Гьединго миллиял мацIазда къватIире рачIунел газет-журналазул подписка гIодобе кколеб букIиналъул, рахьдал мацIал малъиялда сверухъ школазда бугеб гIей гьечIеб ахIвал-хIалалъул, мил­лиял мацIазда хъварал цIалул тIахьал гьечIолъиялъул, ре­спубликаялда херазул рукъ­забахъе рехун таразул къа­дар цIикIкIунеб букIиналъул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда рекъон, гьабсагIаталда бу­геб къагIидаялда гьеб кинаб­го тани, чанго соналдасан нилъ лъугьине руго миллат­ги, мацIги, гIадатги, гIамалги кIочарал манкурталлъун.

 

   — Жакъа гьанире ракIараразда гъорлъ руго министралги ба­жари-гьунар бугел гIадамалги. ХIажат буго гьеб рахъалъ ругел гIунгутIабазул бицун течIого, унго-унгояб къагIидаялда гьел тIагIинариялда тIад хIалтIизе, гьанир цере лъурал суалал ва масъалаби гIумруялде рахъина­ризе. Нилъер щивасда тIадаб борчлъун ккола гьеб, — ан абуна З. Ильясовас.

      Республикаялъул лъай кье­ялъулгун гIелмуялъул министр ЯхIя Бучаевасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналъул шко­лазда рахьдал мацIал малъиялъе рихьизарурал сагIтал рикьизе ихтияр кьун буго уч­реждениязул нухмалъулезухъе.

   — Нилъеца щиб бицаниги, жидер лъималазе рахьдал мацI хIажат гьечIин абулел эбел-эмен дагьал гьечIо респу­бликаялда. Амма министер­ствоялъ миллиял мацIал, ма­даният ва Дагъистаналъул тарих цIуниялда сверухъ кIудияб хIалтIи гьабулеб буго. Мисалалъе, хIаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул тарихалъул дарсал цIидасанги цIалул про­граммаялда гъорлъе рачине. Гьединаб суал лъун буго Росси­ялъул Лъай кьеялъул министер­ствоялда цебе. Ресал ралагьу­лел руго тарихалъул ва миллиял мацIазул учебникал къватIире риччазеги. МугIалимзабазе хар­жал цIикIкIинаруна 23 процен­талъ. Гьеб гIемер гьечIо, амма тIоцересел галаби тIамуна ва гьелда къокълъун чIезе ракIалдаги гьечIо, — ян абуна Я. Бучаевас.

      Гьеб рахъалъ гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана миллияб политикаялъул ва ди­ниял ишазул министр Энрик Муслимовас, ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев ГIабдулмуъмин Ибрагьимовас ва профсоюзазул нухмалъулев ГIабдула МухIамадовас.

     Культураялъул министрасул заместитель Мурад ХIажиевас бицана, эпидемиологияб ахIвал-хIалги хIисабалде бо­сун, культураялъул учрежде­нияз цебе лъураб суалалда хур­хун гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

Дагъистаналъул туризмалъул ва халкъиял художестви­ял промыслабазул министр Эмин Мердановасул пикруялда рекъон, нилъехъе рачIунел туристал цIикIкIанагIан республикаялъул халкъазул миллияб маданиятги буголъиги рагIдукь бахчизе, тIагIине гьечIо, гьелъул гIаксалда, цIилъизе буго.

   — Туристазе къваригIун букIуна нилъер хаслъи бихьизе. Кинабго хIисабалдеги босун, нижеца хIадур гьарулел руго батIи-батIиял программаби, гIумруялде рахъинаризе руго батIи-батIиял проектал, — ан абуна Э. Мердановас.

     Данделъиялъул хIасил гьабулаго, М. ГIумаровас абу­на Дагъистаналъул миллатазул гIадатал, мацIал, маданият, ай миллияб буголъи цебетIезабиялда ва инсанасул ихтиярал цIуниялда сверухъ гьабулеб хIалтIуде жеги цIикIкIун кIвар кьезе бугин.

 

Темирхан ХIАСАНОВ