«Къункърабазулгун» къо-лъикI гьабуна

 

     ГIелмиябгун сах гьариялъул мурадалда рагьараб «Журавли» комплексалъ медиказегун гIалимзабазе лъазабураб акция ахиралде щвана.

    Исана кIиабилеб сон букIана гьеб тIобитIулелдаса. Комплексалъул бетIергьан Шангъодаса МухIамад МухIамадовасул ресалдаса чIобого гьениб сахлъи щула гьабуна нилъер улкаялъул щибаб регионалдаса гIадамаз. МГУялъул профессорги физикаялъулгун математикаялъул гIелмабазул докторги ккола гьев.

   Гъоркьисала «Журавли» комплексалда хIухьбахъи гьабуна «красная зонаялда» хIалтIарав 623 медикас, исана — ункънусгоялдаса цIикIкIун чияс.

   Гьединаб акция МухIамад МухIамадовас байбихьун букIана жиндирго эбел кIикъогоялдаса цIикIкIун соналъ Гъуниб районалда тохтурлъун хIалтIулей йикIиналъ (гьелъ гьарун бугоан васасда ковидалда данде рагъ барал тохтурзабазе хIухьбахъизе ресал чIезареян). Исана гьес гьенире ахIана лъай кьеялъул системаялдаса вакилзабиги, щайин абуни жиндирго эмен учительлъун хIалтIулев вукIун.

   Хадусеб нухалда гьел гIалимзаби, медикалго гIадин, гIемер ахIизе ругин санаториялдеян бицана М. МухIамадовас. Гьесул пикруялда рекъон, жеги букIине кколеб куцалда къимат кьун гьечIо гIалимзабазе:

     «Zoomалдасан лекциялги цIалун, тIубарал моцIаз рокъоса къватIире рахъине рес гьечIого руго профессорал. Гьединлъидал гьезиеги реабилитация хIажат буго».

     Акциялъул координатор ккола цеве ДРялъул бетIерасул управлениялда хIалтIарав ГIалибег ГIалиев. Гьес бицана жинца валагьулев вугила хадубккунги гьеб иш халат бахъинабизе рес бугев гIадав чи, амма жеги ватулев гьечIила. Масала, РФялъул Пачалихъияб Думаялде, ДРялъул Халкъияб Собраниялде кандидатураби лъурал дагъистаниял.

    «Дица гьезда абуна нуж рукIунин халкъалъулгун бухьен кквезе кколилан бицунел, гьедин батани, рачIайинха «Журавли» комплексалда хIухьбахъулеб халкъги бихьизе, гьездаса унти бахунарилан. Гьебали гьанир ковидалъ унтарал тохтурзаби сах гьарулел рагIулилан къватIул харбалги риччан рукIана, гьединлъидал уборщицабилъун хIалтIизегицин рачIунел рукIинчIо гьанире цо заманалда гIадамал.

 

ПалхIасил, халкъалъулгун бухьеназул хIакъалъулъ чIахIи-чIахIиял харбал рицунел кандидатазул цонигияс рахъкквечIо гьаб акциялъул», — ин бицана ГIалибег ГIалиевас.

   Гьезие мисаллъун ГIалиевас рехсана гьеб комплексалъулгун лъикIаб гьудуллъи бугев миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ ДРялъул министр Энрик Муслимовги, МахIачхъалаялъул кIиабилеб больницаялъул бетIерав тохтур МухIамад ИмангIалиевги, цогидалги.

   «Пандемиялъул заманалда нилъеда рихьана гIадамазул къуваталги загIипалги рахъал. Гьедин гьаб комплексалъул бетIергьан МухIамад МухIамадовасги загьир гьабуна жиндир бищунго сахаватаб гIамал», — ин абуна Энрик Муслимовас.

    МухIамад ИмангIалиевас абуна жинда жеги рагIичIин нилъер улкаялда гьединав меценат цойги вугевищали – кIиго соналъ тIатIалаго чIорого медикал къабул гьарулев. Гьединлъидал улкаялъулги республикаялъулги медицинаялъул хIалтIухъабазул рахъалдасан МухIамад МухIамадовасе ракI-ракIалъулаб баркала кьуна гьес.

    Гьаб нухалда гьеб комплексалда сахлъи щула гьабурал Россиялъул регионаздаса тохтурзабазда гьоркьор руго Мытищи шагьаралъул больницаялдаса тохтурзабиги. Гьенив бетIерав тохтурлъун хIалтIулев вуго нилъер республикаялдаса чи (МухIамад МухIамадовасулги гьудул-гьалмагъ). Гьесул заместитель Сергей Якушевас бицана жидеда цадахъ хIалтIулел ругила Гъизляралдасаги Буйнакскиялдасаги тохтурзаби. Гьезул гIагарлъиялъги гьудул-гьалмагълъиялъги жидее гьаниб кIудияб гьоболлъиги гьабунила, тарихиял бакIалги рихьизарунила.

   ТIадеялъул гьеб акция халкъазда гьоркьосеблъун лъугьинеги рес буго. Гьедин бицана МухIамад МухIамадовас. Гьединаб пикруялде вачIун вуго гьев дунялалъул цогидал улкабазда ругел лъале-хъвалезги гьудул-гьалмагъзабазги гьесухъе рачIарал кагътаздаса хадуб.

   Акциялъул ахиралда комплексалда хIухьбахъаравщинав чиясе рикьана Баркалаялъул кагъталги.

 З. ХIАЖИЕВА