ЗахIматал къоязул къадруяб рагIад

 

   Гьал къоязда 22 сон тIубана Дагъистаналда тIаде кIанцIарал халкъазда гьоркьосел хъачагъазул къокъаби щущазаруралдаса. Гьелда хурхун  19 августалда, «Гьудуллъиялъул рокъоб» Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ тIобитIана кIудияб конференция. Гьелда гIахьаллъана министерствоялъул хIалтIухъаби, рагъул гIахьалчагIи-ополченцал, гьалбал.    

   Гьеб рагьана ва бачана министрас — Энрик Муслимовас. КIалъазе рахъараз ракIалде щвезаруна дол захIматал къоял, бицана букIараб хIинкъиялъулгун хIалуциналъул, нилъер халкъалъ бихьизабу- раб гъункиялъул, цолъиялъул, бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ. Гьез загьир гьабуна пачалихъалъул идарабазул рахъалъан ополченцаздехун хашаб бербалагьиялдаса, гьезие рагъул гIахьалчагIазул статус кьеялда сверухъ дандчIвалел ругел квекIеназдаса жидер бугеб рахIатхвеялъул. Бихьизабуна гьадинал данделъабазда Лъай кьеялъул, Культураялъул, ГIолилазул ишазул рахъалъ министерствабазул вакилзабиги чара гьечIого рукIине ккей (жакъа гьанив гьезул рахъалъа цониги чи вукIинчIо). Данделъи ана рагьараб, жидер пикраби эркенго загьир гьаризе щивасе рес кьолеб хIалалда. Данделъи лъугIун хадуб, цо чанго суал дица кьуна дол соназда Болъихъ районалъул бетIерлъун вукIарав рагъул гIахьалчи-ополченец МухIамад ГIумархIажиевасе.

 

— МухIамад, ана 22 сон. КIочон тезе байбихьулеб бугищ доб рагъ-кьал, гIодобе буссунеб бугищ рекIелъ бугеб унти?

— Дол лъугьа-бахъиназ данде гьабуна нилъер халкъ, рагъуца цолъизаруна нилъ, кутакалда борхизабуна нилъер патриотизм. Доб рагъ киданиги кIочене ихтияр гьечIо нилъер. КIудияб ВатIанияб рагъ киданиги кIочене бугищ нилъеда? ГьечIо. Гьабги нилъее буго добго мисалалъул «ГьитIинаб ВатIанияб» рагъ.

— Гьанир кIалъазе рахъараз абуна ополченцазе рагъул гIахьалчагIазул статус кьолеб гьечIилан…

  — Квеш ккараб жо буго гьеб суалалда сверухъ цо бичIчIулареб рагъ, дагIба-къец унеб букIин. Республикаялда буго ополченцазул 5-6 батIибатIияб гIуцIи. Гьез добехун- гьанибехун цIан хIабургъинабулеб буго ахIвал-хIал, пачалихъалъул идарабазги кIвар кьолеб гьечIо гьелде. КIиго лъагIел буго ополченцазе гьеб статус чIезабуралдаса. Республикаялъул бетIер Владимир Васильевас Путиние кьураб баяналда вихьизавун вукIана 12241 ополченец. Гьездаса 520 чиясе гурони жакъа къоялде щвечIо рагъул гIахьалчиясул статус. Бокьухъе цIацIалеб букIун хадуб кIодолъана ополченцазул сияхIги, гьеб бахана 28 азаргоялде. Гьелъулъ буго захIмалъи. Нижеца Сергей Меликовасухъе хIадурун буго лъугьун бугеб ахIвал-хIал мухIканго рехсараб кагъат. Гьал къоязда гьеб щвезе буго гьесухъе, щун хадуб кинабго данде бачIинин абураб хьул буго нижерги.

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ