Къабул гьавизе вуго 300 азаргоялдасаги цIикIкIун чи

 

    МахӀачхъалаялъул аэропорталда рагьана халкъазда гьоркьосеб терминал. Гьелъул кумекалдальун аэропорталъ лъагӀалида жанив къабул
гьавизе вуго 300 азарго чи. Гьеб ккола цебеялда данде ккун лъабго нухалъ цӀикӀкӀун.

   Терминал рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тӀуралев Сергей Меликов, РФялъул транспорталъул министрасул заместитель Игорь Чалик, Дагъистаналъул пачалихъияв секретарь Хизри Абакаров ва цогидал.
   «ЦIияб терминалалъ рес кьезе буго лъикIаб даражаялда гьалбал къабул гьаризе, аэропорталда хIалуцин  лъугIизабизе. Гьеб цебе букIаралдаса анцIго нухалъ гIатIидаб бугелъул»,-
ан абуна Сергей Меликовас.

    Дагъистаналъул бетIерасул пресс-хъулухъалъ нухмалъулев Низами
ХIажибалаевас бицана терминалалъул гIатIилъи 11 азарго квадратияб метр бугилан. Гьелъул кумекалдалъун сагIаталда жаниб аэропорталда къабул гьавун бажарулин 190 чи.
   Гьединаб техникияб рахъалъ лъикIал шартIал ва телетрапал ругеб терминал Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьечIиланги тIаде жубана гьес.
     МахIачхъалаялъул аэропорталда цIияб терминал базе ва гьанже заманаялъул тIагIел-алаталдалъун хьезабизе инвестораз харж гьабуна миллиардгун 600 миллион гъурущ.