Пагьмуял лъималазе – цIияб центр

 

    ДРялъул бетӀерасул ишал тӀуралев Сергей Меликов щвана «Солнечный берег» абураб сахлъи цӀуниялъул лагералде. Гьес хал гьабуна лъималазул сахлъи щула гьабиялъе лагералда гӀуцӀун ругел шартӀазулги ва дандчӀвана гьенир хӀухьбахъулел цӀалдохъабигун.
   Сергей Меликовасда цадахъ рукӀана «Цогояб Россиялъул» регионалияб отделениялъул секретарасул заместитель Елена Ельниковаги, ДРялъул вице-премьер Мурад Казиевги, ДРялъул лъай
кьеялъул ва гӀелмуялъул министрасул ишал тӀуралев ЯхӀя Бучаевги, Россиялъул БахӀарчи МухӀамад НурбахӀандовасул эмен, Сергохъала росдал №2 школалъул директор НурбахӀанд НурбахӀандовги.
   Лагералда хӀухьбахъулел лъималазда цеве кIалъалаго, Меликовас абуна: «Ниж рачӀун руго, нужеца кин хӀухьбахъи гьабулеб бугебали, кинал шартӀал нужее гӀуцӀун ругелали хал гьабизе», – ян. Бицана гьес лагералда гьаризехъин ругел хиса-басиязул хӀакъалъулъги.
   Лъималаз Меликовасда абуна спорталъе санагӀатал бакӀал дагьал ругин абун. «Дагъистаналъе хӀажат руго цӀиял спорталъул майданал.
    Гьел рукӀине ккола чӀахӀиял шагьараздаги районаздаги. Гьел разе хӀаракат гьабулеб буго нижеца. Гьеб рахъалъ республикаялъе квербакъулеб буго федералияб централъги»,–ян жаваб кьуна гьес.
  Лъималазулгун ва педагогазулгун  накъит гьабун хадуб, С. Меликовас хал гьабуна лагералъул. Гьес Лъай кьеялъул министерствоялда тӀад къана лагерь жеги гӀатӀид гьабиялъеги лъикӀал шартӀал гӀуцӀиялъеги ресал ратеян абун.
   «Солнечный берег» абураб лагералда базехъин буго, Сочиялда бугеб «Сириус» абураб лъай кьеялъул центрго гӀадинаб, ДРялъул пагьмуял лъимал тӀатинарулеб ва гьезие квербакъулеб гьанже заманалъул центр. ЯхӀя Бучаевас абуна, Пагьмуял лъималазул центр базе байбихьизе бугин 2022 соналда. Гьеб хьезабизе буго лъай кьеялъул миллиял проектазе рекъонкколеб къайи-алаталдалъун.

  «Центр букӀине буго пагьмуял лъималазе кумек гьабиялъул регионалияб бутӀалъун. Гьениб гӀуцӀизе буго гьанже заманалъул микьго лаборатория», — ян бицана министрасул ишал тӀуралес.

ДРялъул Лъай кьеялъул
министерствоялъул пресс-хъулухъ