Шагьранухде нахъойги кьуру биххана

 

3 августалда Гъуниб районалда «Гъуниб-Гъумеки» абулеб шагьра­нухде кьуруги ччукIун, 70 метра- лъул манзилалда нух бацана. Маши­надуй нухги гьечIого хутIун букIана ЧIохъ, Сугъралъ росаби. Гьел ккола Гъуниб районалъул бищун гIемер туристал рачIунел росаби. Шагьра­нух бацIцIад гьабизе гьенибе экска­ваторги автопогрузчикги щун буго. ХIалтIухъабазда ракIалда буго 5 августалъул рогьалида машинаби хьвадулеб хIалалда нух бацIцIад гьа­бизе. Нухде кьуру ччукIун гIадамасе щибниги зарал ккечIо. Араб сонал­даги гьединабго жо ккун, цIи гьабун, къачIан букIараб шагьранух ккола гьеб.