ЦIунтIа районалъул цIияв нухмалъулев

 

    27 июлалда ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулевлъун тIамуна АхIмад ХIамзатов.

    Гьес рагIи кьуна республикаялъул бетIерасул божилъи ритIухъ гьабизе ва ЦIунтIа район цебетIезабиялде кIвар кьезе.

  ГьанжелъагIан гьеб хъулухъалда вукIарав Шамил МухIамадов жинда сверухъ байбихьараб цIех-рех рагIалде бахъинегIан гIодов чIезавун вуго.

   Цо млн гъурщиде гIагарун ришват босулеб батанилан, ФСБялъул хIалтIухъабаз гьев ккуна исана 18 апрелалда.