Гъамсукье тIадруссине бокьун буго, амма…

 

 

    Гьал къоязда ДРялъул Ракьулгун мал-мулкалъул министерствоялда гьоркьоб лъун букIана Гъамсукь росдал суал. Гьелъул бицана рехсараб министерствоялъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель ХIабиб Жанаевасги ЧIохъ росдал администрациялъул бетIер Салим Салимовасги.

 

    Салимовасул рагIабазда рекъон, Гъамсукь цIи гьабизехъин буго. Амма гьабсагIаталда туристалги хьвадулеб чIунтараб росулъ гуреб, гьелда гъоркь, лъарал рагIалда минабиги ран.

Гьединго С. Салимовас баян гьабуна гьенире рахъунел гIадамазул букIине кколин ЧIохъ росулъ гьабураб хъвайхъвагIайги чIахъадерил росдал администрациялде кьураб гIарзаги. Гьезие ах-хуралъе хIалтIизаризе яги минаби разе ракьал кьелалде росдал генералияб планги тасдикъ гьабун бахъине ккола.

    Салимовас тIаде жубана цереккун кьурал гIарзабазда рекъон, цо-цо гIадамазе гьеб бакIалда анцI-анцI сотых ракьулги кьун букIанила, амма гьез гьениб капиталияб куцалда минаби ранила. Гьединго гьел ран рагIула гIибоцIи гочинабизе тараб нухдаги.

   Ракьулгун мал-мулкалъул министерствоялъул вакилзабазда ракIалде ккана гьеб киналъулго халгьабизе Гъамсукье «Дагтехкадастр», Россельхознадзор, Минсельхозпрод гIуцIабаздаса хIалтIухъабиги данде гьарун, хасаб комиссия битIизе.

    Гьедин хъвалеб буго министерствоялъул сайталда.

    Гьелда бан нижер хIукму ккана жалго Гъамсукь росдал гIадамазухъги гIенеккизе. «Инстаграмалдаги добагьанибги хъвалареб жо гьечIо гьанже нижер рахъалъ. Масала, Гъамсукье рачIунел туристал сабаблъун гIарац гьабизе къваригIиналъ ругила ниж росулъе тIадруссине бокьун. Гуро, нижее щибниги хIажат гьечIо, ниж жалго тани бокьилаан.

   Советияб заманалда умумул магIарухъа гIатIиракьалде гочаниги, гьанже нижее бокьун буго росу цIи гьабизе, гьенире тIадруссине. Гьединлъидал гьанжеялдаса 20 соналъ цере ниж зама-заманалдасан гьенире щолел рукIана. Чадралги чIван рукIунаан, чIезе бакI гьечIолъиялъ. Цинги 14 соналъ цебе байбихьана нижеца гьенир тIоцересел минаби разеги. ГьабсагIаталда 17 чиясул мина буго гьениб.

   2008 соналда нижеца гIуцIана Гъамсукь росу цIи гьабиялъе хасаб фондги.

    Гьанже рахъун нижеда лъазабулеб буго гьел минаби риххизаризе кколин. Щайгурелъул изну гьечIого, нижецаго ккун ракьалгун ран ругила гьел. ТIубанго ццим гьалаглъана гьел минаби рарал бакIазда гIагарлъухъ хасаб гIаламатги чIван, росдал кIалалда жанире рачIине нижее гьукъизе байбихьидал. Ниж нижерго рокъоре рачIине ругин абидал, гьенир нух къан чIарал чагIи ахIдола нуж гьаниса гурин, гьал ракьалги нужер гурин абун. Гьедин батани, росулъе риччаралъухъ туристазухъа бакIарулеб гIарцухъ нухалниги щайха къачIаларел, лъим щай бачунареб?

  Гьеб кинабго нижерго ресалда рекъон гьабула нижеца. Нижер гIолохъабаз чанго километралъул манзилалда цIарал лъел рогIрал туристал раччулел чуязгун машинабаз мерхьун, хвезарулел руго. Доле тIатIала ккезе хутIараб жо гьечIо басрияб Гъамсукь росдал. ЮНЕСКОялъул сияхIалде босараб кIиго си буго доба. Лъица гьелда хадуб хал кколеб бугеб?

  Нижеца гIезегIан идарабазде кагътал хъвана гьелъул бицун. Амма киса-кирго тIаса рихьизарулел руго», — ян бицана Гъамсукь росдал гIадамаз.

З. ХIАЖИЕВА