ГIИДАЛЪУЛ КЪОЯЛДЕ САЙГЪАТ

 

   Россиялъул предприниматель ва политик, сенатор Сулейман Керимовас «Инсан» гурхIел-рахIмуялъул фондалде кьуна 5000 бетIер гIиял. Къурбан-гIидалъул хIурматалда хъураб гIиял гьан бикьана республикаялъул ресукъал гIадамазе.

    «Исана Керимов гIахьаллъана «Инсан» фондалъ щибаб соналъ республикаялда тIобитIулеб «Щибаб рокъобе гьан» абураб акциялда. «Бурхан» абураб фондгун цадахъ нижеца гьан бикьула республикаялъул ресукъал гIадамазда гьоркьоб. Керимовас гьоркьоса къотIичIого гьабулеб квербакъиялдалъун регионалъул шагьараздагун районазда гурхIел-рахIмуялъул гIемерал тадбирал тIоритIула», — ян бицана «Инсан» фондалъул вакилзабаз.

    ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовасги баркана республикаялъул бусурбабазда Къурбан байрам. Гьединго Меликовас жиндирго рахъалдаса тонна гьанал бикьана ресукъал хъизамазе.